Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирслъун кколеб гIелму тIалаб гьабизе беццараб буго. ХIаракат бахъила Къуръан цIализе, азарго хIадис лъазабизе ва нус-нус тIехь цIализе.

 

Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун вукIине ккани, гьеб киналдаго цадахъ, хирияв Аварагасул ﷺ берцинал тIабигIатал лъазарила ва гьезда рекъон гIумруги гьабила. ПалхIасил, жиндирго рекIелъ ругел квешал тIабигIатал нахъе инарила. Мисалалъе, гIелмуги цIалун, жиндаго живго лъикIавлъун вихьи, рияалъе гIамал гьаби, чIухIи, хIасад, гIадамал жиндего хIажаталлъун рукIине бокьи, дунял тIалаб гьаби, хьул халалъи ва гьел гурелги унтаби рекIелъа рачахъила.

Гьал унтаби живго лъугьун рекIелъа  лъугIизаризе кIоларелъул, унтаби сах гьарулев тIабиб кквела ва гьес малъараб гьабила. Аварагасул ﷺ ирсилав ккола гьел унтабаздаса ракIги бацIцIалъарав, Аварагасул ﷺ тIабигIаталги ккурав,  загьираб гIелмугун цадахъ жиндие Аллагьас истикъаматги кьурав, Аварагасда ﷺ жиндир силсилатги хурхарав, гьесдаса ﷺ жиндие гьеб гIелму гIадамазда малъизе изнуги щварав чи.

Гьединазул цояв вукIана Закаталаялдаса ГIабдулмутIалибил вас ГIабдулгъанийи-афанди. Гьев гьавуна ЛъаратIа районалъул ГIицIда росулъ, 1924 соналъ. Эбел Загьратгун гьев уна бетIербахъиялъе ЦIоралде ва гьелго гIадин бетIербахъиялъе рачIарал гьебго росулъа чагIазул ясги ячун, Закаталаялда вукIана гIумру гьабун. Шазалияб тIарикъаталъе гьесие изну кьуна Инхоса ГIабдулхIамид-афандияс, 1973 соналъ. 

 

МухIаммад Агълабов, Ленинкенталъул аслияб мажгиталъул будун

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...