Аслияб гьумералде

Аллагь ﷻ валагьулеб ракI буго

Аллагь ﷻ валагьулеб ракI буго

Аллагь ﷻ валагьулеб ракI буго

Мунагь-хатIабазулъ тIерхьарал нилъехъ,

ТIадегIанав Аллагь валагьун вуго.

Гьарун цере арал мунагьаздаса,

Руссаян ахIулеб Къуръанги буго.

Араб гIумруялъулъ тохлъи ккаразе

Тавбуялъул каву рагьухъе буго.

ЧIобого кьуниги босе лъалев чи

ГIемер дандчIваларо гьаб дунялалда.

Дунни хIажалъула щибаб сагIаталъ,

Сапаралъ унев чи чадиде гIадин.

Гьеб чIобого кьураб нигIматалдаса,

Пайда босуларев ахIмакъ вукIунищ?

Тавбуйилан абун буго цо нигIмат,

Аллагьас нилъее чIобого кьураб.

Киналго шурутIал тIуран кканани,

Киналго мунагьал нилъер чурулеб.

                         ***

Аллагь, Мун гурхIулезул бищун кIудияв вуго,

Мун разияб хIалалда хьвадизе тавпикъ гьабе.

Инналиллагь, БетIергьан, Дуде руссине руго,

ХIукмуги Дур битIараб, гIадлуги Дур мухIканаб.

Рижиги Дур хIалкIолъи, хвезариги Дур гьунар,

Ахир тIаде рахъинги щаклъи гьечIеб жо буго.

                         ***

Кинабго хIалкIолъи Жиндихъ бугелъул,

Аллагь валагьула тIоцебе рекIехъ.

РекIелъ иман бугез Аллагь ахIула,

РакI бухIун, кканщинал мунагьаздаса.

Гьабе, вацал, тавбу щибаб сагIаталъ,

ЧIобого кьун бугин Аллагьас нилъей.

Аллагьги гурхIулев рухI босулелъул,

Хабал гIазаб жинца бигьа гьабулеб.

Бечедал, мискинал – батIа гьечIого,

Аллагьасул хIукму лъийго бугелъул.

Гьабе, вацал, тавбу щибаб сагIаталъ,

Ахирисеб къоялъ нилъго рохизе.

 

 

Жапарат ХIадисова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...