Аслияб гьумералде

Имамат - муфтият

Имамат - муфтият

Имамат - муфтият

АлхIамдулиллагь РахIман, исламалда ратидал,

Хадуб свалатгин салам хирияв ХIабибасде,

Агьлу-асхIабзабазде, нахърилълъарал щиназде,

Хасго устарзабазде, тIолго агьлуллагьазде.

Ассаламу гIалайкум, хириял бусурбаби,

Аллагьасул рахIмат-цIоб даим тIаде чвахаял,

ХIакъаб исламалъул нух нужее насиблъаял.

Ассаламу гIалайкум, баракатаб Муфтият,

ХIакъаб Имаматлъун Халикъас нилъей кьураб.

ГъазимухIаммад, ХIамзат, хIикматав имам Шамил,

РухIаниял умумул, гьезул ракIазул хIасрат -

МухIаммадун Ярагъи, Жамалудин Гъумукъи,

Гъазаваталъул байрахъ борхун ккурал куммалал.

Мудирал, наибзаби, муридал, гъазизаби,

Хвалчабазул паркъиялъ дунял хIайран гьабурал.

Халгьабе бусурбаби, беццалги нилъ гьечIелъул,

Пикру гьабе бахIарзал, бутIрулги кьун ругелъул,

КIинусиде гIагарун сонал гьоркьор ун хадуб,

Аллагьас нилъей кьурал имамзабахъ балагье,

ГIалихIажи-афанди - баракаталъул магIдан,

Гьесул бакI ккурав гъалбацI СайидмухIаммад-хIажи,

Россия тун къватIибги дунялалъул бокIназда,

Ислам тIибитIизабизе боял гIуцIарав Асад,

АхIмад-хIажи афанди - рахIматалъул чвахун цIад,

Цересел акътIабазул анищал тIураялъе,

Гьезий цIвабилъун чIарал камилал муршидзаби,

СагIдухIажил МухIаммад – заманаялъул къутIбу,

СагIид-хIажи афанди - аварагасул варис,

Нужер баракат камун хутIугеги Дагъистан,

ШафагIат камугеги дунялгун ухраялда.

ГIабдулхIамид-афанди, Меселасул МухIаммад,

Нужер хIаракаталда алжаналъул пихъ банин,

Аман нижей шафагIат хIисабгун суалалъе,

Аман нижей шафагIат махIшаралъул къоязда.

Дандеккве хирал вацал, имаматгун муфтият,

Дова вихьулев тушман, гьанив вахчун мунафикъ,

Доба цIунулеб ислам, дора къотIулел бутIрул,

Гьаниб гьабулеб дагIват, гьаниб гъазават – вагIза,

Хириял рухIал ричун, хвалчен хьвагIун, биял тIун,

ЦIунараб динул ислам имамасул гъалбацIаз,

Дунялалъул бокIназда гьеб тIибитIизабизе,

КIвахI тун дагIват гьабулел муфтиясул бахIарзал,

РикIкIен гьечIел боязде гьужум гьабулев имам,

Рихьуларел боязде гъазаваталда муфти.

Цоцаздехун жахIдаялъ наибзаби гуккани,

Нафсаниял тIалабаз гIалимзаби чIухIани,

Муфтияталъул гьоко кин цебехун гирилеб,

Исламалъул рацIалъи щиб роценалъ борцинеб.

ЖахIда, иблис къезабун нафсалъул бугъби квегъун,

БахIарчиял умумуз ирсалъе тараб цIуне.

Щукру гьабичIеб нигIмат тIаса ин хIакъаб буго.

 

МухIаммаднаби ГIабдулаев, ТIелекь росу

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...