Аслияб гьумералде

Кье нужеца садакъа

Кье нужеца садакъа

Кье нужеца садакъа,

Нужго хвасар гьаризе.

ЖужахIалъул цIа свине,

ЦIадул бухIи дагьлъизе.

 

Ятимал бесдалазе,

Мискинал пакъиразе.

Кье нужеца садакъа,

Буголъиялда рекъон.

 

Алжан нужей бокьани,

Кье нужеца садакъа.

СиратI бахине кIвезе,

ГIазабал бигьалъизе.

 

МахIшаралъул къояца

Бигьалъи нужей щвезе.

КIварабгIан гьаб ракьалда,

Кье нужеца садакъа.

 

Аллагь разилъи щвезе,

Кье нужеца садакъа.

ХIабиб воххи бокьани,

Кье нужеца садакъа.

 

Мажгитахъ, мадрасабахъ

Кье нужеца садакъа.

Хасго мутагIилазе,

ГIемераб кье садакъа.

 

Нух, кьо балеб бакIалде

Кье нужеца садакъа.

Нужго хвараб мехалда,

Кумекалъе батизе.

 

Бокьани боцIудалъун,

Бокьани гIарцудалъун.

Расги барахщичIого,

Кье нужеца садакъа.

 

Хъизан-агьлуялдаса

Балагьал рикIкIалъизе.

Бичасе щукру гьабун

Кье нужеца садакъа.

 

Нужеца кьураб бихьун

Бичас нужейги кьолин.

Дагьаб бугин течIого

ХIалкIвараб садакъа кье.

 

Мадина, Изано росу

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...