Аслияб гьумералде

Нечоларел кин нилъ

Нечоларел кин нилъ

Нечоларел кин нилъ
Дун ана цо къоялъ, къватIийги яхъун,
Цо пуланаб нухалъ зияраталъе.
Заназул рукъалде, хабал рагIалде,
Ракьулъ рукъаразе дугIа гьабизе.
Гьениб дида лъачIо щибго борхалъи,
БатIалъи бихьичIо щивго чиясул.
Бечедав ватичIо, мискинав лъачIо,
ГIакъилавгун гIантав ратIа гьаричIо.
Цингиги бичIчIичIо ракьалда бугеб,
ГIорцIунгутIиялъе бугеб ишара.
ЦокIалаб ракьул гвенд нахъаги букIун,
ГIадамас гьабулеб чIухIараб гIамал.
Гьениб дур рукъалъул кIодолъиялъул,
Щибго хайир гьечIо, букIин гурони.
Дуца гьабун тараб магIишаталъул,
Щибго хIажат гьечIо нахъе тун гуреб.
Турараб черхалъе берцинлъиялъул,
Щибго хайир гьечIо, хведал тIагIараб.
Гьениб къвакIиялъул мунпагIат гьечIо,
РухI босун аралъуб жиб тIаса унеб.
Гьениб чIухIиялъул щибго хIал гьечIо,
ХIал кьун гIазабалъе хIалтIун гурони.
Гьениб лъай-хъваялъул щибго иш гьечIо,
Аллагьасулгун дур бухьен гьечIони.
Гьабун араб гIамал гIадада буго,
РекIеда чIухIиялъ кьалбал риччани.
ГIибадат чуризе налъи дур буго,
Бицунеб рагIуе гIурхъи лъечIони.
Бихьун лъалеб хабар бицуней гуро,
Хвелги далил гьечIищ чIаго ругезе.
Дирго гIамалалъул дагьлъиги бичIчIун,
ГIузру цIикIкIун кIалъай гьабун гурони...
                             ***
Дир зияраталда ракI унтун буго,
РухI кьун имамзабаз цIунун букIараб.
Дир гьаб тIалъиялда ракI бакъван буго,
Чанги захIмат бихьун хьихьун букIараб.
Гьабищ имамзабаз бидул гIорал тIун,
ЦIунараб ракьалъе хIалалаб рикъзи.
Гьабищ дунял лъачIел муридзабазе,
Бичараб рухIалъухъ кьолеб бугеб мухь?
Гьабищ намус цIунун гIурулъ кIанцIарал,
Дол гIолил ясазе гьабулеб жаваб?
Гьабищ наслаби чIван пашман рукIарал,
Къиматал хараби разилъулеб нух?
Къоло щуго соналъ хIалхьи лъачIого,
Гьалъищ имамасги гIумру бичараб?
Асир гьавуниги къуличIеб бетIер,
Гьадинищ къулилеб Шамил имамас?
Нечоларел кинал нилъ гьал мугIрукьа,
ГIассиял рагъазе нугIзаллъун ругел?
КантIуларел кин нилъ тарих рагIун,
Умумузул бидул тIирабаз хъвараб?
Гьалбал рокьуларел чагIи гуро ниж,
Адаб тараб пиша бокьун кколаро. 
РитIухъаб гIамалалъ ккун гьечIониги,
ВатIан бичи нижей рекIей гIоларо.

ПатIимат ГIабдулаева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...