Аслияб гьумералде

Унеб буго гIумру

Унеб буго гIумру

Унеб буго гIумру

 

 

Унеб буго гIумру, дагьлъун къоялгун,

Къваридаб гурони хабар гьечIого.

Къойилго рагIула хвалил хабарал,

Дир кьерилазул мухъ дагьлъулеб буго.

 

Хварал, къадарги щун, хабалъе ана,

ЧIагоязул къисмат кинабдай ккела?

Херлъи, унта-щокълъи тIаделъун буго,

Хвалил лълъар гьекъезе ирга щун буго.

 

Бихьизе берцинаб, ахир пашманаб,

Пайда гьечIеб дунял, гьанибго толеб.

Хваразухъ урхъараб, чIаголъи гьечIеб,

Къокъаб гIумру буго, бихьизе кьураб.

 

Аллагь,  дуца гIумру нижее кьуна,

Дуца къадар хъвараб къо тIаде щвела.

ГIизраил малаик дихъе вачIина,

РухI бахъулеб лахIзат дирги букIина.

 

РекIел кьаби чIела, хIухьел къотIила,

Къаркъала цIорола, цIан витIун лъела.

Лъилго кумекалде хIажат вукIинчIев,

ЦIулал хIехь гIадинан вегун хутIила.

 

Нус-нус росуцоял жанир чурараб,

Росода жанив лъун, чурун вацIцIина.

Мусру тIад жемила, квас-квас тIупила.

РухI гьечIеб жаназа молода лъела.

 

ГIумру жаниб араб дирго минагун,

ГIага-божаралгун къо-лъикI гьабила.

Мажгиталде восун,  жанаиз-как бан,

Хабал рагIалда дир малиги лъела.

 

Росдал гIолохъабаз бухъун къачIараб,

Хабал лахIдуялъув жанив восила.

Къиблаялде гьумер буссине гьабун,

Кваранаб хьибил цун вегизавила.

 

Мугъзада нахъасан къанал хьвазарун,

КьватIелал хIарщуца рацизарила.

Росдал гIолохъабаз, гIедегIил гьабун,

ТIаде хъвараб ракьалъ хоб цIезабила.

 

Хобалъул тIарада зани чIван хадуб,

ТIалкъен диде цIалун, лъим тIаде щвала.

ДугIа-алхIам цIалун, аскIоб пажги лъун,

Пашманго киналго рокъоре ина.

 

Дунялалда рарал дир сонал хъвараб,

Къоно эхетила хабал тIарада.

Дир гIагарлъиялъе, росуцоязе,

РакIалде дун щвезе цо гьеб хутIила.

 

Напсалъе бокьухъе хьвадарав дица

Мункар-Накирасе жаваб кин кьелеб?

Дица дунялалда босараб лазат

Бадиб кьабулелъул киндай вукIина?

 

ГIумру гIадамасе цо нухалъ кьола,

ЛъикIал гIамалазда, рачIа, хьвадилин.

Хвел щивав чиясда тIадаб жо буго,

РачIа, хIадурлъилин ахираталде.

 

Дуца нижей кьураб гIумру букIана,

ТIаса лъугьа, Аллагь, дур лагъасдаса.

Дур хIукмуялда ниж разиял руго,

Имангун тIоритIе ахираталде.

 

Сулайман МухIаммаднуров, ЦIиликь росу

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...