Аслияб гьумералде

ХIабиб данде вачIун ватила

ХIабиб  данде вачIун ватила
БачIана цогиги талат къо тIаде,
Цоги шайихасги дуниял тараб.
Инхелоб баккараб бакъул кунчIиги,
Ссун ун рагIулилан рагIана хабар.
Жанир ракIал гIодун, бераз магIу тIун,
Къваридго щай тарал дур муридзаби.
Дунял тун аразухъ урхъараб заман,
Инагьдилел танищ тухум-кьибилго.
Дур рухI боссе тIаде ГIизраил щведал,
Щобал, мугIрул цадахъ гIодун ратила.
Дуде тIаде ракь хъван нахъ руссаралги
Зоб-ракьалъ магIу тIун риччун ратила.
Мун жанив вукIараб хIужра-рукъ жакъа,
Жаниса нурги ун бецIлъун батила.
ХIабиб  данде вачIун, Алжанги баркун,
Устарзабаз квер ккун вачун ватила.
Баркат нижейги тун вачун ватаги,
Алжаналъул ахикь рещтIун ватаги,
Абадияб рукъ дуй хIалхьияб щваги,
Рокьанщиналгун мун цолъун ватаги.
Дуда тIад рещтIараб нур ссун иналде,
ТIаде щун ратила машаихзаби.
Гьезулги ракIбакъван, къварид ратила,
Камилав къутIбуги къокъун анилан.
Къадар Аллагьасул, кире кIанцIилел,
ЛъикIаб хъван батаги Бичасул къадар.
Дунял кида тунги толеб байтулман,
Дора Алжаналда данде гьареги.
ДугIадул аманат- яцалгун вацал,
Нагагь рихьаниги рихьичIониги.

ЗАГЬИДАТ ХIАЖИМУХIАМАДОВА, ГЪИЗИЛЮРТ РАЙОН, НЕЧАЕВКА РОСУ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...