Аслияб гьумералде

ГIелмудул ралъад

ГIелмудул ралъад

ГIелмудул ралъад
Бусурманчиясе чара гьечIого
ЦIализе хIажатаб, пайда цIикIкIараб,
Гьереси тIад гьечIеб, ритIухълъи гуреб,
ГIалимзабаз тасдикъ гьабун биччалеб.
Лъугьа-тараб хъвалеб, гIелму малъулеб,
«Ас-салам» газета дие бокьула.
Исламалъул тарих жинца бицунеб, 
Аварагзабазул гIемер рехсолеб,
АсхIабзабазулги гIезегIан хъвалеб, 
ЛъикIал гIибадатал жинда тIад ругел,
МахIаммад авараг гIемер рехсолеб,
Гьесул гIумруялъул гIемер бицунеб, 
ХIадисал тIад ругел, дугIаби ругел,
ГIадамазда гIелму лъазе гьабулеб, 
МахIаммадил уммат битIун бачунеб, 
Газет цIалулезул гъира-шавкъ кколеб,
«Ас-салам» газета дие бокьула.

ХIусен МухIаммадов, ЧIарада район, Дусрахъ росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...