Аслияб гьумералде

Щибдай ккела...

Щибдай ккела...

Ургъелал гIемераб дир гъаримаб рукъ,

ГIазабал гьаркьилаб дир бецIаб лахIду.

ГIанкъра-борхьаз цIураб дир гъаримаб рукъ,

Чурхдул данде къалеб дир бецIаб лахIду.

Гьарараб кьолареб дир гъаримаб рукъ,

Бокьараб щолареб дир бецIаб лахIду.

Эбел-эмен гьечIеб дир гъаримаб рукъ,

Васал-ясал гьечIеб дир бецIаб лахIду.

Гьай, гъаримаб дир черх, чара гьечIеб бакI,

Ахирги вегулев ччорбил ракьалда.

Гьай, гъаримаб дир черх, чара гьечIеб бакI,

Ахирги тIад чIвалел хъерул къанаби.

ГIажалалъул унти черхалда чIвайдал,

Щиб хIалдай лъугьина гъаримаб чорхол?

РухI босулев малайк аскIов вачIиндал,

Киндай зигардила маргъалалъул черх?

Киндай сородила нусабго лага,

РухI босулев малайк аскIоса индал.

КъотIараб гъветI гIадин лъуна гIебеде,

Будун-дибир вачIун, хъорщодаги лъун.

Балканалда гIадин квер хъвазе рихун,

БухIун-цIорон лъим тIун чурулев вуго.

Чуриладай, Аллагь, кIудал мунагьал,

ГурхIел цIакъав Аллагь, гурхIилародай?

КIутIун восун лъунин хъахIаб мусрудулъ,

ЧIегIераб дир зарра хъахIлъун ккеладай?

Гъокьа-тIаса вухьун тIубараб мехалъ

Гьанже восун лъуна цIулал молода.

Кварицаги къакъан, къвалица вухьун,

КIигояс ккун вуго рокъоса унев.

Ункъоявги речIчIун, хабаде хъамун,

Дирго хоб рагIалде хеккого щвана.

Мали нахъе цIала, дун жанив вегьла,

Ракьулъ дунги лъела, тIад къанал чIвала.

МегIер гIадаб ракьалъ вахчизе гьавун,

Гьалмагъ гьечIеб рокъов цохIо хутIила.

Кьуризе рес гьечIеб чIарбил гвандинив,

Гьанже хIакълъун ккела дун хабалъ вукIин.

Цинги якъинлъила тIад къаналги чIвай,

Гьелъул хIисаб гьабун хIинкъунги ккела.

Цо гьаракь бахъина цIорораб ракьулъ,

Зобалъ барщулареб, ракьалъ кколареб.

РачIун тIаде щвела Мункаргун Накир,

Цабзаца ракь бухъун, гъалаз нух лъахъван.

Бадиса, кIалдиса цIа бурулаго,

Дур Аллагь щивилан, Авараг щиван.

Мун щиб диналъулин, иман щибилан,

КIал гьикъун, къец гьабун, гьел гаргадила.

Гьезукьа хIинкъани, дунги виххани,

Жаваб кьезе кIвечIо, хоб данде къала.

ХьабалухъгIучIалги гъорлъа рахъила,

Цинги бачIун борохь дида жемила.

Къиямасеб къо чIун халкъ борхулелъул,

Мунагьазул гьирал гъажалдаги ран,

ГIаламалда цадахъ дунги вахъина.

ГIамал хъварал кагътал кодореги кьун,

ХIавузалде аскIой дун виччаларо.

ЛъикIлъаби дагьлъани, квешлъи цIикIкIани,

НусгIан жиб бегIераб, расгIан тIеренаб,

Щунусго соналъул халалъи бугеб

СиратIалъул кьоде вахинавила.

ХIатIазда вилъани гьел къотI-къотIила,

Кверазда хъурщани, килщал ссу-ссула.

Чехьалда хъурщани бакьал рихъила,

КIвеладайха, Аллагь, сиратI бахине.

КIикъого сонил нух рикIкIад букIаго,

Данде бухIи чIвалеб жужахIалъул цIа.

Риидалцин бакъукь гIетI балеб дир черх,

Киндайха хIехьела жужахIалъул цIа.

НацIица хIанчIани зигардулеб гьан,

ГIанкъра-борхьаз квиндал киндай букIина.

Гьанже гьари буго дир Аллагьасде,

Хадуб ахIи буго МухIаммадиде,

Цадахъ зигар буго устарзабазде,

Воре, кумекилан, шапагIатилан.

 

 

 

ГъазимухIаммад МухIаммадов,

Шамил район, ХIорода росу

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


«Ас-саламалъул» мажлис

Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «Ас-салам» газета цӀалулезулгун дандчӀвай. Гьеб тадбирги тIобитIана баракатаб рабигIул аввал моцӀалъул хIурматалда. «Ас-салам» ккола тIолабго улкаялда ва гьеб бахун къватIибги лъалеб басма. Гьединлъидал гьелдехун гьабулеб бербалагьиги букIуна...