Аслияб гьумералде

ГIажаибаб дуниял

ГIажаибаб дуниял
Араб къоялъул гуреб божи гьечIеб дуниял,
БачIунелъул ургъелаз унти ккараб дуниял,
Хваразда бахиллъараб ракI чIунтараб дуниял,
ГIуразда ракI бухIараб гIажаибаб дуниял.
Эркенлъиялъул пикру гьабулареб дуниял,
ГIарцул гIор чваханиги гIорцIулареб дуниял,
Хвезе рукIин лъаниги хьул халатаб дуниял,
Хабалъ гIалам лъуниги ургъел гьечIеб дуниял.
Жиндий хайир гьечIев чи хвайин толеб дуниял,
ХъамалчагIазда хадур рекерулеб дуниял,
БитIарабин, тIекъабин рищ-магъ гьечIеб дуниял,
РищватчагIи гIемераб гIакса ккараб дуниял.
Берцинаб рагIиялъул къимат гьечIеб дуниял,
Къадру бугел какулеб лъай босараб дуниял,
ЛъикIлъи гьаби лъалареб хIалихьатаб дуниял,
ХIакъаб рагIул щибниги къимат гьечIеб дуниял.
Кодоблъи цIикIкIарасул хьибил кколеб дуниял,
ГIакълу кьолев мискинчи нахъе цулеб дуниял,
Квешлъи гьабулесдаги тIад рекъолеб дуниял,
Гъибат-бугьтан гьоцIогIан гьуинлъараб дуниял.
Аллагь ниж рикIкIад гьаре гьеб квешабщиналдаса,
Какараб гIамалалъул гIасияб напсалдаса.
Аллагь, ниж дуца цIуне, жужахIалъул цIедаса,
ЦIадар ккеялъе ругел квешал гIамалаздаса.

РАИСАТ БАТАГIАЛИЕВА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...