Аслияб гьумералде

Дир гIагараб росу

Дир гIагараб росу

Бугодай цониги мун гIадаб росу.

Нахъасан кьураби сангарлъун чIараб

Бакъуй керен кьураб дир Гьандихъ росу.

Кьурулъан чвахулел чабхил иццалги,

Чанги хIикмат бугин духъ балагьани.

Даруял хурдулгун иццазул цIураб

ЧIухIула дудаса, дир чIагояб ракь.

 

Дуда жаниб бугеб къимат цIикIкIараб

Зиярат гIеларищ гIакълу бугесе.

Гьесул баракаталъ цIунун ругел нилъ,

Гьелъухъги рецц буго дир Аллагьасе.

 

Къойил зияраталъ тIаде рачIунел

Гьалбадерил дугIа - гьебги баракат

Диргоги цо рохел - гьаний йижарай,

Аллагь дуй рецц гьабун гьардола къойил.

 

ТIаде бетон тIурал къватIал рихьизе

Хабал агьлу анищ нахъе ахIизе.

«ГIарукье» балагье - мадрасаялъухъ

Гьелъулги баракат нилъер росдае.

 

ХIумайд-афандиясул баркаталдалъун

ЦIунун руго нижер тIолго жамагIат,

ЛъикIабщинаб гьабун битIун хьвадизе

Кьеги, Аллагь, дуца щивасе иман.

 

Жапарат ХIадисова

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...