Аслияб гьумералде

Дир хирияй, хӀеренай...

Дир хирияй, хӀеренай...

Дир хирияй, хӀеренай...

Дир хирияй, хӀеренай, хӀурулгӀин гӀадай эбел,

Ургъалилъ дун вачӀани, гьеб бичулей дир эбел,

Рохел босун вачӀани, гӀахьал гьабулей эбел,

Нусго сон дица бани, гьебги дий кьурай эбел.

 

Дудаса халкъ бижарав рази ватаяй эбел,

Бахъанщинаб галиги, хӀухьел, бербалагьиги

Дие гӀоло гьабураб кинабго квербагъари,

Аллагь жинда разияб аза-азарлъун хъваги.

 

Дун гьитӀинаб мехалда рорчӀанщинал дур сардал,

ГӀоданщинаб мехалда берцин бицараб рагӀи,

Вакъарабго кваназе дие кьураб квен рикӀкӀун

Аллагьас дуй даража, эбел, борхизабеги.

 

Чан сон дий бугониги, кӀудав гӀун херлъаниги,

Кидаго мун, дир эбел, дий гӀакълу кьезе йиго.

Чанги ургъел гьабуна, чанги магӀу чвахана,

Чанги сардал рорчӀана, мун дида тӀаса лъугьа.

 

Дир гӀумруги, соналги, сахлъи-саламалъиги

Кинабго буго, эбел, дуй кьезе бугеб налъи.

Гьеб кьуниги кидаго дун бащалъизе гьечӀо,

Налъи бецӀизегицин дий гӀумру кьун букӀиналъ.

 

МухIаммад НурмухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...