Аслияб гьумералде

КIудияб мажгиталде зиярат

КIудияб мажгиталде зиярат

КIудияб мажгиталде зиярат
Гьале нижги щвана зиярат базе,
Балеб мажгиталде, къокъаги гIуцIцIун.
БачIана нижеде гьединаб амру,
Аллагьасул нухда къватIир рахъине.
Жакъа нилъер ккола роххалилаб къо,
Мажлисалда нилъги гIахьаллъараб къо,
Мажгиталъул ахикь гъутIби рухъизе,
Гъираялда нилъей ирга щвараб къо.
Килдерил мусудул, росдал руччаби,
РачIа нилъецаги лъикIаб лъалкI тезин.
Дунялалъул рокъоб данде гьабураб
Гьенибе къиматаб цо мугь рехизин.
Ма ша Аллагь, гьаниб берцинлъиялъул
Балагьун гIорцIулеб хIикматго гьечIо,
Дунял-гIаламалъго данде рехараб
Аллагьасул рокъоб бакъ баккун буго.
Баракат рещтIана Дагъистаналде,
Дин камилаб улка нилъер букIиналъ.
Шамил имамасул ирсилаллъидал,
Инаро кодоса кидаго нигIмат.
Жакъа ниж роххарал, чIухIарал руго
Гьадинаб зиярат базе щвеялда,
Мажгит гIуцIулезул кьерда рахъун чIун,
Бикьулеб гьаб нигIмат боссе щвеялда.
ТIубана нижерги жакъа гьаб мурад,
Бихьана нижеда гьаб хирияб ракь.
ХIасратлъун рукIана гьанире щвезе,
Щибаб гали рикIкIун дугIа гьабизе.
Къабул гьабе, Аллагь, гьаб нижер гьари,
Гьуинаб каламгун гьанире щварал.
Раче, Аллагь, нижги битIараб нухда,
Балеб мажгиталда эхетун чIарал.

КИЛАЛЪА НУЦАЛАЙ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...