Аслияб гьумералде

Бищун берцинаб цIар

Бищун берцинаб цIар

Дие гIумру кьурай, дун гIезавурай,

ГIагарай дир эбел, ахIула дур цIар.

БухIи-цIорой дида лъазе биччачIей,

ГIазизай дир эбел, ахIула дур цIар.

 

Баркала дуй, эбел, дир гIумруялъухъ,

Дий гIоло рорчIарал бецIал сардазухъ.

Кинидахъ ахIарал дур сариназухъ,

Свин гьечIеб цIа гIадаб дур рокьиялъухъ.

 

Амма эбелалъул каранзул бухIи,

Унго, вас, дуда гьеб бичIчIулареб куц.

Эбелалъул рекIелъ кидаго дур цIар,

ЦIуне, Аллагьилан, угьулеб хIухьел.

 

Эбелалъул хъатир чIагого гьабе,

Гьей цеесан индал кватIун букIунин.

Гьелъул гъанситодухъ цIа ссун иналде,

КIвараб жигар бахъе хъулухъ гьабизе.

 

Гьелъул цере ккурал тIеренал кверал,

Кидаго гьабулеб дугIа васазе.

Аллагь, цIуне дуца дир лъималилан,

ЛъачIого тIинкIулеб бухIараб магIу.

 

Эбел, гьеб цIаралъул бугеб борхалъи,

Эбел, гьеб цIаралъул бугеб берцинлъи.

ЦIуне, цIуне, лъимал, нужеца улбул,

Гьезул хIатIикьлъидал нужее алжан.

 

ХIамзат ХIамзатов, Зивуриб росу.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...