Аслияб гьумералде

АхIул гохIалъул къиса

АхIул гохIалъул къиса
ХIамзат шагьидлъун хадув, шаригIаталъул къолден 
Шамил Дагъистаналъе имамлъун чIезавуна;
Иман гьечIеб къавмалъе гIадлу-низам гьабула,
ГIумару-л-Фарукъ гIадин, къоло щуго сон бана.
ШафагIат нилъей щваяв лъабавго имамасул
Сираталъул бицине рес гьанже щвананиги,
Гьезул баракаталъул асаралин абуни,
Нилъер Дагъистаналда кидаго тIаса инчIо.
Хасго Шамилил сират гIаламалда рагIана,
ГIаламу-л-мулкалдаго гьесул цIар тIибитIана.
ТIадегIанаб къимат кьун, киназго жив рехсана,
Жаннату-л-БакъигIалда, накълолъидал, хоб щвана.
Къоло щугогIан соналъ имамас нахъа тарал,
Нилъер гьал къалмаца хъван, къисаби лъугIиларо,
Лъил, кигIан хIал кIваниги, ракI-ракIалъ гьевги вокьун,
Гьесул хъварал къисаби – пихъазул ахлъун чIела.
Пихъазул ах гьабизе гьанже дун регIиларо,
Гьанир, дирго хIалкIварал, гъутIбиниги чIун тела.
Гъазаватазул тIехь хъван дихъа бажариларо,
Баркаталъе букIине бакка-бахъи гьабила.
Гьижраялъулаб тарих азаргогин кIинусго
КIикъоялда анцIила щугоялде бахиндал,
Дунялалда машгьураб, УхIуд-ХIунайн кIочараб
ХIарбу АхIулгохIалда рехсараб соналъ ккана.
Хунзахъе жал рачIиндал, гьезда тIад кверги лъедал,
Пачаясул аскаралъ щулалъи гьениб ккуна.
Щулияб, цIакъ кIудияб къалгIат гьениб гьабуна,
Гьединго бакI-бакIалда гьаризе байбихьана.
ГьоцIалъги, ЦIатIанихъги, МокIсохъги, ГIахьалчIибги,
Балахьуниб, Хьаргаби, Генурги гьел гьаруна.
Гьал рехсарал бакIазда куфарал къарарлъана,
КъалгIатал щулиял ран, щулалъаби гьаруна.
Гьелъ мунафикъзабазул гарбал цIакъ цIаруцIана,
Рохел-чIухI загьир гьабун хьвадизе рес рекъана.
Халкъ бикьизе гьабизе кIвараб жигар бахъана,
Жидер рахъалде гьезул гIемерав чи гьетIана.
Гьелдалъун муъминзаби балагьалъукье ккана,
Кинабниги рахъалъан къварилъаби цIикIкIана.
Къоялдаса къоялде живго имамасеги
Муридзабазул амро захIмалъизе лъугьана.
Гьанже Шамил кIалъана, мушавара гьабуна,
Щибдай гьабун лъикI абун, ургъун гIакълу дандбана.
ГIемерисел муридаз, Дагъистанги жибго тун,
Гьижра гьабун, Чачаналъ гочун лъикIин абуна.
Имам гьелда рекъечIо, гьеб гIакълу нахъе чIвана,
Нилъерго гьанир лъикIин лъикIаб рагIи бицана.
Цинги, «Тушманасдаса цIунизе санагIатаб
БукъгIатун хIасинатун балагьун лъикI», – абуна.
ЛъикIаб гIакълу бугилан гIалим – Колоса Сурхай,
Калам тун, имамасул рагIуда тIадрекъана.
ТIолгоял разилъана, хIукму гьелда къотIана,
ТIаса бищун АхIулгохI гьелъий мустахIикълъана.
Гьениб ватIан кквеялъе хIадурлъаби гьаруна,
ГьечIого чара гьечIеб низам гIуцIун, къачIана.
Рукъзал гьарун, мажгит бан, сверун щулалъи гьабун,
Лъимал-хъизанал рачун, ватан ккун гьенир чIана.
Гьезда тIаде кIанцIизе къасд гьабун, пачаясул
Гучаб аскар хIадурлъун, нухаб къватIиб бахъана.
Хихи магIарде щвейдал, заманго гуреб гIужалъ
ГIемераб гIазуги бан, бергьараб квач тIад чIвана.
РакIалдаго гьечIого дандчIвараб къварилъиялъ
Къо бухIараб бакIалде аскаралъул иш ккана.
АхIулгохIде бухьараб сапар гьезий битIичIо,
РачIарабго нухасан пашманго тIадруссана.
Пачаясул аскарал гьанжеги хIадурлъана,
АхIулгохIде битIизе къуват хIадур гьабуна.
Къоло ункъо гIарада, гIорхъи лъалареб солдат,
ГIашилтIа росуялъул цо рагIалда рещтIана.
Щунусиде вахинчIев мужагьидгун имамги,
АхIулгохIдеги вуссун, парахалъун вукIана.
Нусго чи гьезда гъорлъан Щулалъул гохIалда тIад,
Шамилица, гьеб цIунун, чIезавунги вукIана.
БачIунеб кумекалъул гIемерисеб къадарги
ЧIикIасан букIанилан «Магъазиялъ» бицана,
Цинги, капурзабазул, мунафикъалгун цадахъ,
Цо тайпа ГIашилтIасан ЧIиркъатIехун гочана.
ЧIиркъатIе тушбабазул къуват щвелалде цебе
Щулалъул гохI цо моцIалъ имамасухъ букIана.
Имамасул гъалбацIал Щулалъуда рукIаго,
Щибго АхIулгохIалъе зарал гьабизе кIвечIо.
Гьелъий гIоло тушбабаз, ЧIиркъатIехунги рикьун,
Щулалъул гохI бахъизе ресал тIалаб гьаруна.
Гьанже кIиябго рахъалъ кьвагьизе байбихьана,
Гьоркьобе ккараб гохIда чIегIераб кIкIуй бетана.
Тушбабазул бергьараб къуваталде данде чIун,
КъвакIарал гIолохъабаз, яхI бахъун, рагъ гьабуна.
Гьеб къокъаялда гъорлъан анцIила кIиго батIал,
Исламалъухъ рухIал кьун, гьеб гохIда шагьидлъана.
Щулалъул гохI цIунизе хутIаразул хIалкIвечIо,
ХIал бергьиндал, гьебги тун, АхIулгохIде рачIана.
Имамасулаз тедал тушбабаца гохI ккуна,
АхIулгохIалде тIаде ярагъ битIизабуна.
Ният жидер бацIцIадал, рагъуе гьунар бугел,
Гьал лебалал васазги хвалчаби къватIир цIана.
Чурхдузда Алжаналъул махI бахъарал гъузатал,
Гъуждул гурун къачIана данде жаваб гьабизе.
Гьанже АхIулгохIалда рагъулаб кор боркьана,
Квер биххун гIолохъабаз кьабизе байбихьана.
Кьвагьулел гIарадабаз гохI гьаргьазе лъугьана,
Гьаваялъул нур свараб кIкIуйгун хIур багъарана.
Барзахалде роржине рухIал жидер къачIарал,
КъвакIарал гъалбацIаца биял гIодоре тIуна.
Дунял тун, ухраялде жал ине хIадурлъараз
Анищал тIуран хвезе тIубараб къасд гьабуна.
Къад бараб гIарадаялъ риххизарурал сунгрул,
Сардида кьижичIого, гьаз ислахI гьарулаан.
Гьеб хIалалда – къад рагъун, къаси сардида хIалтIун,
ХIалхьи бугеб минутцин муридазе букIинчIо.
Зобал гъугъалеб гIадаб гIарадабазул кьвагьи,
Кьабулел хвалчабазул берзул нур ссунеб паркъи,
Ракъигин къечалъул хIал, чвахулел ругъназул би,
Бидуца буцараб хIарщ, хIатIакь бугеб магIракат.
МучгIан гIемераб солдат, гIорхъи гьечIеб гулла-хер,
ГохI бахъизе кIоларев пачаясул генерал.
Нус-нус чиясде данде цо-цо горони гьечIел, –
Гьелги гъорлъа камурал, имамасул гьалмагълъи.
Малъ базе бакI тIагIарал, чара бухIарал къоял,
КъватIисахун бачIунеб гьечIеб щибниги кумек,
Гьаб рехсараб хIалалда лъабго моцIрол гьумералъ,
ЦIад гIадин тIаде балеб гуллида гъоркь рукIана.
Кьурабазда багъулеб гIарадабазул гьаракь
Гьоркьоса къотIичIого гIинда жаниб багъана.
БахIарзазул бищунго лебалал шагьидлъана,
Нахъе чIаго хутIарал – къуват гьезулги хвана.
Унтарал гIемерлъана, лъукъа-тарал цIикIкIана,
Лълъел рахъалъан къварилъи бищунго захIмалъана.
Бицинеги хъвазеги жакъа бигьалъаниги,
Гьезул пикру гьабидал, паналъула хивалал.
Хваликьа хIинкъуларел Шамилил муридазул,
РикIкIадуй дагьлъаниги, дандечIей цIакъ букIана.
Дин-Исламалъ куцарал, курмул иманалъ цIурал
Имамасул гъалбацIаз сардар хIайран гьавуна.

СагIид-Афандиясул рухiияб ирсалдаса

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!     ГIабдулгъаниев Расул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдулкъадиров МухIамадрасул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдурахIманов Сайфуллагь, 9 сон, ТIохьотIа...


Районалъул ифтIар

Гъуниб росулъ тIобитIана районалъул тIолалго росабалъа рачIарал гIадамаз гIахьаллъи гьабураб кIалбиччаялъул мажлис. Гьениб бицана цолъиялъул ва цадахъ рекъон рукIиналъул бугеб кIваралъул, рамазан моцIалъул хиралъиялъул ва гьеб индалги гьабулеб гIибадат гьоркьоб къотIизе тезе бегьулареблъиялъул...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...