Аслияб гьумералде

ЧIикIаб ШагIбан бащалъи

ЧIикIаб ШагIбан бащалъи

СагIид-устар гьавураб Барааталъул сордо,

Ясин цIалулеб сордо, дугIа гьабулеб сордо,

ТIолалго муъминзаби ЧIикIаре щвараб сордо,

ГIалимазул советалъ мажлис гIуцIараб сордо.

 

МархIаба, лъикI щварав СагIид-афанди,

ВачIун щванагури Барааталде.

Дур къо кIодо гьабун ракIараразулъ

БукIана дурги рухI баракаталда.

Цогиги мархIаба арвахIазеги,

Дуда цадахъ щварал Ясин цIализе.

Накъшубандиябги Шазалиябги

Силсила букIана ЧIикIаб данделъун.

 

ХIасангиму ХIусен рачIун ратила,

ИсмагIилил Мурад вихьун хIалхьезе.

Хириял – Хадижат, ГIаишат, ПатIимат,

Узлипат-бажухъе раккун ратила.

 

Муршид, мун анилан мунапикъзабаз

ШаригIат хисизе дагьаб хутIана.

Хварав чи вачIунеб гIадат гьечIелъул,

Киназдаго лъана чIаго вугеблъи.

 

Шамалдаса вахъун Мадинаялде,

Билал щвараб гIадаб гIоди букIана.

Мун ракIалде щварал гIуламаазул

Гьаракь бахчаниги магIу чвахана.

 

Хасалил сордоялъ къватIир чIаралги,

Квачазе риччачIо рекIел иманалъ.

ЧIикIасезул росу малаикзабаз

Сверун ккун букIана, Мадина гIадин.

 

МахIшаралда гIадин букIана гIалам,

КъватIал цIун рукIана муридзабазул.

Бакъанида хадуб гьенив щваниги

Мажгит бихьичIого нахъе вуссана.

 

Ма ша Аллагь, росдал агьлуялъеги

Щуйил лъуна, эмен, гьалбал хьихьиялъ.

Пулав, чайгун кофе кодо-кодой кьун

Киналго рохараб букIана хъулухъ.

 

Мавлид бегьуларел щун рукIинчIелъул,

Берцинал гьаркьаца ахIана сирра.

Хатму-шазалия киназго цIалун

ЦIер гIадин арвахIал ахIана тIаде.

 

Муфтияталда нахърилъаян абун

ГIемер абулаан дуца, КIудияв.

Дирго жагьиллъиялъ дида кколаан

Гьеб бичIчIуларевги чи вукIинищан.

 

Гьанже загьирлъана зодиб бакъ гIадин,

Идара рихарал напсиял бугъби.

Жидедаса лъикIав чиго гьечIилан

Иблисаб чIухIиялъ чIван рехун тарал.

 

Мун вокьун рачIарал муридзабазе

Вореха, шафагIат, хирияв КъутIбу.

Мухъилъ чIезе чIухIун къватIир кIанцIарал

Бичасде тIамун те, хIукму къотIизе.

 

Нилъер муфти-устар, дуде аманат,

Дурго маъзунасе дугIа даимаб.

Нижги пакъирзаби, дурго абнаал,

Квешал ругониги къабул гьарун те.

 

 

Халид Маматханов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...