Аслияб гьумералде

ВатIаналъ ахIидал тIаде вахъарав

ВатIаналъ ахIидал тIаде вахъарав

ВатIаналъ ахIидал тIаде вахъарав

Рии дунялалда сверулеб мехалъ,

ГIумрудул свераби хисулеб мехалъ,

Хиялалъ букIинчIеб, бачIин хIинкъараб

Щвана нижехъеги рокьукъаб хабар.

 

Рагъулаб ишалъул цевехъанлъуда,

Къиматго вукIарав ХIосенов ГIали,

Къадар Аллагьасул тIаде гIунтIидал

ГIумру къо-лъикIилан сапаралъ ана.

 

Кидаго рекIеда хIинкъи букIинчIев,

ВатIаналъ ахIидал тIаде вахъарав.

ЦIияб ЧIикIаб росдал чIухIилъун ккарав,

РекIедайищ щвараб тIухьидул гулла.

 

Гуллица дур керен кверде босидал,

РакIалде ячIанищ хирияй эбел?

Чорхол рухIги лъугIун ракьалде ккедал,

Берда цеве чIанищ къуватав эмен?

 

Доб чияр ракьалда рухI босулаго

Ункъабго лъимадул ккарабищ ургъел?

Ахирисеб хIухьел босулеб гIужалъ

Яцалде щвараб хIал лъарабищ дуда?

 

ГIали, мун гIадинал гIамал рекъарал

ГIадамал ругодай гьаб дунялалда.

Дуца тараб гIадаб гIумруялъул лъалкI

Тарав чи вугодай, унго, ракьалда.

 

Рукьби рианиги дур эбел-инсул,

Абадиялдаса мун вуссинаро.

Керен тураниги гьай дур яцалъул

Кьварараб гьимигун мун вачIинаро.

 

Гьанже дур орденал ва дур медалал

Тарихалда ана дур цIаргун цадахъ.

Чанго батIияб гIел гьаниб гIуниги

КIоченаро даим мун лъиданги.

 

ХIалхьун кьижа, ГIали, росдал хабалалъ,

Хириясул къадар гьединаб бугин.

Къанще дуца берал, умумузда гъорлъ,

Сабру гьаби гуреб нижей хутIичIин.

 

цIияб чIикIаб росдал 1-себ школалъул коллектив

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...