Аслияб гьумералде

Гӏумру букӏун буго гьадингояб жо

Гӏумру букӏун буго гьадингояб жо
ГӀумру букӀун буго гьадингояб жо,
Гьалагаб гӀорлъун гӀедегӀун унеб.
ГӀазулъун чапулеб, чвахун тӀагӀунеб,
Чанги гӀузрабаца гӀадан зурулеб.
Гьабулаго унеб, инаго толеб,
Араб батулареб, тараб щолареб,
Тохлъукье тӀерхьунеб, тӀадбуссунареб.
Тира-сверулаго сапар лъугьунеб,
Сухъмахъал гӀемераб, гӀадан гуккулеб.
ГӀолохъанлъиялъул гӀакълу гӀолареб,
ГӀонсоде ккаравго кватӀун ватулеб.
Гьаваялда накӀкӀул парча гӀадинаб,
Пири пирхизабун, зоб гъугъазабун,
ЗагӀиплъун, гьитӀинлъун гьороца унеб.
ГӀумру букӀун буго гьадингояб жо,
ГьоцӀолъун кьуниги цӀамлъун батулеб,
ЦӀалъун рекӀаниги борилъун ссунеб,
Рахъулъунги хутӀун хадуб тӀагӀунеб.
Гьабизе хӀиллаяб, хӀасил макруяб.
ХӀаракат бахъанагӀан хӀал хьундаллъулеб,
Хьул халалъанагӀан хивал къокълъулеб.
ГӀумру букӀун буго гьадингояб жо,
Гьудуллъи гӀарцулаб, гӀаданлъи чараб.
ГӀагарлъи гьадилаб, гьалмагълъи рекӀкӀаб.
РикӀкӀун къоял кьураб, къисмат лъалареб.
Нух тӀаса бищизе ихтиярги кьун,
Ахираталде нилъ унеб сапарлъун.
Инсан сухъмахъазулъ саяхъ гьавулеб,
Сардил макьуялъул маргьайин кколеб.
Гьоболлъухъ лъалхъараб, лъалареб бакӀалъ.
Авал рохалилаб, ахир пашманаб,
Ахираталъ хисун ханлъи босулеб.

САГIИД ОРДАШОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...