Аслияб гьумералде

ГIалим КъурамухIаммадиде

ГIалим КъурамухIаммадиде

Хирияб ражаб моцIалъ шугьадаазда гьоркьов,

Бичас исмуги рехсон кIодо гьавурав гIалим.

ГIуламаазда гьоркьов дарулъун жив вукIарав,

Кутакав гIалимасул цо дагьабго рехсезин.

Гьаб ракьалъул халкъалъе хирияв БетIергьанас,

Ахлакъалъул бицине кьун вукIарав багьадур.

ПитначагIазде данде динул хвалченги бахъун,

Исламалъе рухIги кьун гIадлу гьабурав вали.

ЧIикIаса муршидасги кIудияб къимат кьурав,

Къиматав гIалимасул исмуги жинда лъурав.

Нижер заманаялъул имам Навави абун

КIодо гьавурав гIалим вуго КъурамухIаммад.

ГIорхъи гьечIеб гIелмудул гIемерлъарав тIахьазул,

Къойил хIадур гьарурал лъикIал гIуламаазул,

МагIнавиял хутIбазул баракат гьанибги тун

Шагьидлъарав бахIарчи вуго КъурамухIаммад.

Чанги тушман хIинкъарав, хIилла гьабун къанщарав,

ХIалихьатал чагIиги жинда данде рахъинчIев.

Барзахалда цIар хъварав, шагьидлъи жиндий щведал,

Бергьарав мутакаллим вуго КъурамухIаммад.

Хирияб сордоялда ХIабиб кIодого гьавун,

Шагьидлъарав багьадур вуго КъурамухIаммад.

Бичас Жиндий вокьиялъ дуе кьураб даража,

Кьеги, хирияв Аллагь, Мун вокьулел нижее.

РАМАЗАН КАВХАНОВ, ДИУЯЛЪУЛ МУТАГIАЛИМ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...