Аслияб гьумералде

Ана моцIрол бащалъи

Ана моцIрол бащалъи

Ана моцIрол бащалъи

Ражаб моцIрол бащалъи,

Нилъеца нахъа тана.

Нахъа тарал къоязул,

Гьабунищ дуца хIисаб?

 

ЦогIаги кIал ккурабищ,

Аллагь разилъиялъе?

ЛъикIаб гIамалги гьабун,

ГIадан вохизавунищ?

 

Гьабулеб кинабго иш

ШаргIалда данде ккунищ?

Какараб рехун тезе,

Таваккал дур гIурабищ?

 

ГIибадат гьабулелъул,

ГIедегIил гьабичIого,

Гьабурабищ мухIканго,

Киналго шартIал тIуран?

 

Сардил ахирияб гIуж,

Хинаб бусен рехун тун,

Тагьажуд какал разе,

Вахъине бажаранищ?

 

БетIергьанасе хIелун,

ДугIаялде вуссанищ?

Дурго мунагьаздаса,

Тавбу гьениб гьабунищ?

 

Гьабураб квешлъиялда,

РакI бухIун мун лъугьанищ?

ЛъикIаб гуреб цебечIун,

Пашманлъи дулъ бачIанищ?

 

Рогьалил как ахIигун,

Аллагьасул рокъове,

Къокъанищ гIодов виччан,

ЖамагIатгун как базе?

 

Жеги боголил какги,

КигIан захIмалъаниги,

Заман гьелъий батанищ,

Базе гьеб мажгиталда?

 

Гьанир дица рехсарал,

Дагьа-макъал гIамалал,

Дунго цIакъавин ккезе,

Ккоге хъварал ругилан.

 

Дунги нужго гIадинав,

ГIадатияв инсанин.

Аллагьасул цIобалде,

ЦIакъго хIажалъун ккарав.

 

Кинабго рехсарабги,

Буго диего вагIза.

Дидаго яхI лъезеян,

Лъурал руго рагIаби.

 

Бичасул моцI лъугIизе,

Заман жеги бугелъул,

Бажарилин хьул буго,

Бугеб гIамал хисизе.

 

ХутIарал гьал къояца,

Къезе илбисги гьабун,

БетIергьан разилъизе,

Рес рекъон кIалал кквела.

 

Нафсалда кверщел гьабун,

Квешлъаби рехун тела.

Какал жамагIаталда,

Разе жигар бахъила.

 

БетIергьанасде гьари,

Гьав загIипав лагъасул,

Гьабулеб дир гIибадат,

Дуца къабул гьабеян.

 

Къабулги гьабичIого,

ЧIваге, Аллагь, бадибги.

Дир ккарал гъалатIазда,

ТIаса лъугьа, Мун, РахIман.

 

МухIаммад Ражабов, ТIелекь росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...