Аслияб гьумералде

Ниж, Шамилил ирсилал…

Ниж, Шамилил ирсилал…
Дагъистаналъул васаз, Россиялъул бахIарзаз
Борхулеб буго байрахъ, борхалъуда паркъезе.
Ккаралъур рухIал кьезе унел руго церехун,
Эбелаб ВатIан цIунун, цIумаллъун роржунаго.
Гьел умумуз куцарал, кинидаго малъарал,
РагIуе хилиплъичIел, хъачагълъи бокьуларел.
Нахъе гали тIамичIел, тIад гIадан велъуларел,
ТIадкъараб налъи тIубан цIадаре жал кIанцIулел.
Доб ВатIанияб рагъулъ бергьенлъаби росарал,
Дозул наслабийин ниж - умумузда релълъарал!
Гьабуге нижей хабар, рагъалъ вас гьавуларо,
РитIуге нижей къорал, гудраца нужго кколин!
Дагъистаналъул васал, Россиялъул бахIарзал,
Миллатал рищуларел ниж цохIо хъизан буго.
Цоязда ругъун щвани, киназдаго унтулел,
Цояв шагьидлъун хвани, Россиялъ чIегIер балел.
Дагъистаналъул васал къуркьуларо лъиего,
Аллагьасукьа гурел хIинкъуларо сункьаго.
Гуллие керенги кьун рортула гьел церехун,
ГIарададул гуллалъун речIчIула тушманасда.
Дагъистаналъул васал, Россиялъул бахIарзал,
Нужей хIажат ккаралъур хIадур руго ниж, вацал.
Нилъер рагъул гъалбацIаз бихьизабулеб буго,
Россиялъулго къуват рахIмуялдалъун букIин.
Нахъе къан ругьунлъичIеб бахIарчияб Дагъистан,
Дур цIар даим букIина борхалъуда рехсезе!
Ниж, Шамилил ирсилал, Аллагьасе хIелулел,
Рокьукъал гIамалазда данде рагъ бан ругьунал. 
Дагъистаналъул васал, Россиялъул бахIарзал!
Биял гIодор тIуниги бахIарчиго къанщулел.
КъамартIаб гIамалалъул, бихьинчияб яхIалъул,
Бадив валагьун тушман гIодизавизе кIолел.
Нилъ толарел тушбаби теларо хIалхьиялда,
Бихьиналгин руччаби хIадур руго хIалае!
Вацал, къваридаб къоялъ, къан нуцIагун чIоларел,
Нилъерго гIамал гьезда бихьизабила цадахъ!
Щибаб пачалихъалъул цо хасав бетIер вуго,
Нижее нухмалъулев нижеца кквезе вуго!
КIицIул гIумру кьурав чи дунялалда вахъинчIо,
БахIарчиго цоцIул хвей - гьеб нижей рохел буго!

РАИСАТ БАТАГIАЛИЕВА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...