Аслияб гьумералде

Нилъер гIамал кибе щун бугеб...

Нилъер гIамал кибе щун бугеб...

Нилъер гIамал кибе щун бугеб...

ГIенекке, гъудулзаби, гьанже нилъеда бугеб,

ГурхIараб хIалалдаса хIакъикъат къватIиб кьезин.

ХIарималда рукъзал ран, рокъой хIарамаб баччун,

Бечелъараб халкъалда Халикъ кIочон тун вуго.

 

Хвейдал анибго толеб гIорцIи гьечIеб магIишат,

Тун какалгун гьабула, кваначIого цIунула.

ЦIулал чода рекIине ракIалда киб букIунеб,

 Рукъ тун къватIив вахъине хиял бугев чи гьечIо.

 

Чурун, мусруги жемун, жаназа къаникь лъола,

КъваригIелалъ витIулев чилъун вихьулев вуго.

Рохьоса цIулалгIанги, цIолеб иццул лъелгIанги,

Лъил щваниги магIишат батIа гьабулеб гьечIо.

 

БетIергьанчияс нухлул ният гьабун тараб бакI,

БокIнида хIубалги чIван хIетIе чIезе бакI гьечIо.

ХIайваназ лъим гьекъезе гьарурал русби, хIорал,

Росдада кIалги гьикъун кквезе кIваралги руго.

 

Лъида щиб батаниги билараб чияр тIагIел,

Байрахъ гIадин борхула бетIергьанчи щивилан.

Щванани лъикIаб тIагIел, тIаде квер бегьилалде,

Кибехундай лъелебин лъороре раккарула.

 

Рокъоса къваригIелалъ къватIибе кьураб алат,

Къориниб ккарабгIанги нахъбуссун бачIунаро.

Бицунеб мехалъ - шайих, щолеб жоялъе - жуликI,

Жалин гIакъилзабиян гIакса унеб буго халкъ.

 

Хвалда ритIун кеялъул кколеб ургъелго гьечIо,

Ккун дунялгун анирго хIебтIулел гIадин руго.

ХIал щварабго Аллагьан ахIтIола нилъ киналго,

Куфруялда къвал бани, къана гIабдал дур талихI.

 

Тун руго БетIергьанас риччан гьаб дунялалда,

РоцIаралгун кьерхарал кьун руго рикIкIун къоял.

Кьун буго кIиго нухги, напсалъ тIаса бищизе,

Бергьин-къей дуда лъала доб рокъове щварабго.

 

ЩибгIаги хайир гьечIо хадуб ракI бухIаразе,

РакI бухIун чIаго рукIун, хIеле нуж РахIманасе.

Рикъзи хIалалаб гьабе, хIарамаб жо жибго те,

ХIабибасул нухдасан рачIана нуж Аллагьасде.

 

Аб дуниял къор буго, къойил гIадамал кколеб,

КъачIанагIан берцинлъун бер хъантIарав гуккулеб.

ХъантIиялъ хъурмацаги, кваначIого чIван тола,

ЧIобого тушбабазе толеблъи щай лъалареб?

 

Щвараб бакъалъ бихьулеб, балагьун чи гIорцIичIеб,

ГIемерал сериязул кино буго гьаб гIумру.

Кодобе щвечIониги, щивав чиясе билет,

Болжалги цIан хъван буго, воре, Аллагь, кIочонге.

 

Гуро нилъер гьаб ВатIан, тола гьаб анищалда,

Щолеб тун, толеб гьабун, воре, гуккизе чIоге.

ГурхIа, Аллагь нижеда, рижаравги Мунлъидал,

РухI бахъулеб мехалда хвалда ритIун ккезаре.

 

ПатIимат-дибир, Къорода росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...