Аслияб гьумералде

ГурхIа, Карим ﷻ

ГурхIа, Карим ﷻ 

ГурхIа, Карим ﷻ

ТIаса лъугьин гьечIеб гьаб дир черхалъул

ЧаракъотIун буго къойил пикрабаз.

Къаникье кканиги нахъбуссунареб

БачIун буго тIаде цо-цоязул ццим.

 

Ццидахун щибилеб, щун буго гIазаб,

ГIамалалда рекъон РахIманас кьураб.

Кьуниги щиб гьанже гьадият - цIваби,

ЦIар дур рагIизего бокьуларезе.

 

Бокьарабги гьабун гьаб ракьалда тIад

ТIуралин ракIалде, вореги, ккоге.

ВабилгIакса сверун гIумруги хисун

Хварасул бакIалде рачIин кколебин.

 

БукIа абе адаб дур киназдего,

Карим гурхIа абе гъалатI ккаразда.

Ккараб бичIчIи буго бищун лъикIаб жо,

ЛъалкI бацIцIун тей буго талихI бугеб жо.

 

Шамил Къебедов, ТIелекь росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...