Аслияб гьумералде

Гьобол вуго инсан

Гьобол вуго инсан

Гьобол вуго инсан

Гьобол вуго инсан гьаб дунялалда,

Мекъаб гIамал гьаниб хIажалъуларо.

Хьулалги гIемераб, анищ халатаб,

Ургъел-къварилъиялъ цIураб дуниял.

 

РекIел къварилъаби къойил рихьула,

Ургъел гьечIеб заман дагьаб букIуна.

Жакъа цо-цоязул ригьнал рохалил,

Бакъан-хабар буго росулъ сверулеб.

 

Сордо рогьиналде цоги хъизанал,

Агьи лъун гIодула гIолил васазухъ.

Гьениса рагIула лъимер гьабунин,

Рохалилаб хабар тIаса унгеги.

 

Ва амма гIемерго заман иналде

Мадугьалихъ зигар рагIулеб буго.

Гьединаб дуниял - ургъалилаб гвенд,

ЛъикIаб хабар щваги щибаб рокъобе.

 

Эбел-эмен, лъимал, лъимадул лъимал,

Аллагьасул къадар, воре, кIочонге.

Кинал захIмалъаби рачIананиги,

Воре, сабру гьабе, даража щолин.

 

Цере заманалда бусурбабазда,

БихьичIеб къоялъул жеги бицуна.

Мисаллъун букIине, гIамал куцазе,

ГIамал гьабурасе пайда босизе.

 

 

Бакъвараб чед кванан ракъул заманалъ,

ГIодоса мугь бищун гIумру букIана.

Цо тIутI цебеги лъун лъимал сверухъ чIун,

Кваналел рукIана гIарзахинчIого.

 

Бихьараб захIмалъи кирилъун хъвайги,

ГIакъуба-къварилъи бигьа гьабеги.

 

А. Салимова, Казбек район, Ленинаул росу.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...