Аслияб гьумералде

Щив чи кколев устар?

Щив чи кколев устар?

Щив чи кколев устар?

ТIарикъаталъул вирдал саликасда манлъизе

ХIабибас изну кьурав маъзун вуго КIудияв.

Машаихзаби рекъон, акътIабаз къабул гьавун,

Акъраналъан вищарав муршид вуго КIудияв.

 

Машрикъ-Магърибалде ун тIалаб гьавизе ккарав,

Гьидаят бокьаразе далил вуго КIудияв.

Дагъистан икълималъе бакъул гIадаб нур бугев,

КъутIбаниййат хIакълъарав хIалим вуго КIудияв.

 

ХIакъикъатгун магIрифат камил гьабун тIубарав,

Кумалазул цевехъан - устар вуго КIудияв.

Амру-нагью тIубалев, ТIагьал суннат цIунулев,

Садатазул муштарик - шайих вуго КIудияв.

 

ШафигIасул нух кквезе тавфикъ кьурал чиязе

Таважжугьал гьарулев гьади вуго КIудияв.

Гьесул машрабалдаса гьекъезе бокьаразе

Бикьеян амру бугев амин вуго КIудияв.

 

Аллагьас тIоритIарал ТIагьаясде рачине,

Меседил мигIраж лъолев гIалим вуго КIудияв.

ГIакъабатал тIутIулев латIаифал къачIалев,

ЧIаго хварал ракIазул тохтур вуго КIудияв.

 

Халикъасде гIагарлъи гIабдас тIаса бищидал,

Гьоркьов чIун нух манлъулев васитI вуго КIудияв.

Расуласул берцинаб нух ккурав муридасде

МаъулхIаят чвахулеб мизаб вуго КIудияв.

 

Мунагь-хатIа гIемерал тавбуялде тIамулев

ТIагьаясул ирс щварав варис вуго КIудияв.

Дунял-ахираталъул хазина кодоб бугев,

Халкъалъул Хириясул мугIин вуго КIудияв.

 

Дарул фанаалдаса пайда боссе бокьараз

Файиз тIалаб гьабулеб бахIру вуго КIудияв.

Диналъул умуразулъ ишкал ккараб бакIалда

РакIчIараб фатва кьолев муфти вуго КIудияв.

 

Фукъагьаал хIайранаб суалалъе жаваб кьун,

Жагьил гIалим гьавулев гIакъил вуго КIудияв.

ГIилмиял ахIкамазулъ сарихIаб рагIи бицун,

ГIалим кантIизавулев камил вуго КIудияв.

 

СагIид Афандиясул рухIияб ирсалдаса

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...