Аслияб гьумералде

ЦIуне, Аллагь, дуца ниж

ЦIуне, Аллагь, дуца ниж

ЦIуне, Аллагь, дуца ниж
Цlобалъе гlорхъи гьечlев
Гlаламалъул БетӀергьан, 
Гьал панаял рагъазул
Бухlи лъазе тоге ниж.
Лъимал камун улбузул
Зобалазде бахунеб, 
Зигардигун угьдари 
РагӀизе тоге, я Аллагь. 
Ракълие къотӀи гьабе 
Къудраталъул БетӀергьан, 
БитӀараб нух ккун раче 
Улкабазул хункарал. 
Халкъал пасат гьарулел, 
ГӀарцуца жал мехтарал, 
ГӀаламалъул хӀатӀазукь 
Зурулеб хӀукму гьабе. 
Биччаге гьаб ракьалде, 
Гьарула дуда, Аллагь, 
Дуде ниж гӀассилъулеб 
ГӀассияб рагъул бухӀи. 
Дуде руссун гурони 
Чара гьечӀел нижее, 
Гьарула, я БетӀергьан 
РахӀмудал цӀадал риччай.

СагIидафанди Багьавудинов, 15 сон, КъулецIма росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...