Аслияб гьумералде

Анишаз цIураб

Анишаз цIураб

Анишаз цIураб
Щоларелда хадуб анищалги лъун,
ГIемерал тIамуна гIазизал къоял.
Кколаребщиналда хадуйги лъугьун
ГIадада гIумру ун, гIодизе ккана.

Чан сагIат биччараб чIобого харбилъ,
Мунагьазул гьакал цIезарулаго.
Чан пайда гьечIелде машгъуллъи ккараб,
ХIакъав Аллагь кIочон, ракI загIиплъараб.

Гьабизе рес кьураб, амма гьабичIеб,
Чан гIамал, гъаримай, гIодоб рехараб?
Дунял тун ахират босизе лъачIеб,
Напсалъул лахIдуниб щибдай букIинеб?

ХIарамалъул махI чIван, хIетIе хъущтIана.
Мунагьал гьуинлъи – балагь гьеб ккана.
Квешаб берцин бихьун, иблисалъ гуккун,
Гьалаглъи тIад щвезе дагьаб хутIана.

Тавбуялъул магIу гIодобе тIезе
ТIубан дуниял тун, ахират кквезе,
Щибаб лахIзаталда зикру гьабизе
Тавфикъ кье, я Аллагь, Мун разилъизе.

Дур загIифал лагъзал кантIизе гьаре,
Истикъаматалда даим чIезаре.
Парзгин суннат цIунун, камилги гьабун,
Ихласалда чIейи насибги гьабе.

Таваккал тIамурал рехун толарев,
Таввабиналгун ниж рахъине гьаре.
Гьарарасе жаваб кьелин гъоркь чIарав,
Нижер дугIа дуца къабулги гьабе. 

ХАДИЖАТ ХИЗРИЕВА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...