Аслияб гьумералде

100-ялдаса цояб гурони ракьалде биччачIеб

100-ялдаса цояб гурони ракьалде биччачIеб

ГурхIел-рахIму ккола Аллагьас ﷻ Жиндиего гьарурал сипатазул цояб. Гьеб буго БетIергьанас ﷻ Жиндирго расуласулъги ﷺ лъураб тIабигIат. Гьеб ккола Аллагьас ﷻ Жиндир диналъулъ хасаб даража бихьизабун лъураб гIамалги. Бусурбабазул гIумруялъулъги гьелъ кIудияб бакI кквезе ккола.

ХIадисалда буго гурхIел-рахIму жиндилъ бугев чи дунял-ахираталъул лъикIлъиялъул бутIа щварав вугилан. «Цогияздехун гурхIел-рахIму гьабуларев (Аллагьасги) тIаса лъугьун толаро», - ян буго Жарир ибну ГIабдуллагьица бицараб хIадисалда. Аварагасул ﷺ цоги машгьураб рагIи буго: «ГьитIиназдехун гурхIел гьабуларевги чIахIиязул адаб кколаревги нилъедаса (муъминзабаздаса) гуро», - ян абураб (Тирмизи).

ГурхIел-рахIму ккола реццарал тIабигIатазулъ цебесеб кьерда бугеб сипат. Чан гьабулеб мехалъ нужеца гьеб берцинго чIвай. Хъолеб хIайванги, нус рекIинабун, рухI бахъизегIан тун гурони ччукIугейилан абурал гIадал хIадисалги рехсон, аварагас ﷺ бичIчIизабуна гурхIел-рахIму кинабго махлукъаталдехунги букIине кколеблъи. «Щибаб рижиялдехун гурхIел-рахIму гьабиялдалъун ажру хIасуллъизе буго», «ГурхIулезда ГурхIулевги ﷻ тIаса лъугьуна», - ян абун гьелъухъ кири хIасуллъизе бугеблъиги бицана аварагас ﷺ (Муслим, Тирмизи).

Цо нухалда сапаралда вугев чи ГIабдуллагь ибну ЖагIфар унев вукIуна пуланаб ахалда аскIосан. Гьенив хIалтIулев вукIуна цо чIегIерав лагъги. Цинги тIаде вачIарав цояс гьесухъе лъабго чадил панкъ кьола. Гьеб заманалда цояб рахъалдаса лагъасда аскIобе бекерун бачIуна гьой ва бакъун бугеб хIал загьир гьабун лагъасда сверун лъугьуна. ГурхIизе бачIарав чи гIадин гьелъухъги валагьун, кодоб букIараб цояб панкъ рехун ана лагъас гьелда цебе. БачIинахъего хапан кIалалъги ккун, гьелъ панкъ кванана, амма гьесда цебе кIусун чIун гурони, нахъе инчIо. Лагъас гьелъие кIиабилебги панкъ рехун ана, цебесеб нухалъго гIадин гьвеялъ гьеб кванана. Амма чIваркьизарун бералгун, гьесухъ балагьун чIун гурони, нахъе ине гьелъ къасд гьабичIеб мехалъ лагъас гьелъие лъабабилебги панкъ рехана.

ГъотIол рагIдукь вахъунги чIун, лъугьа-бахъунелъухъ валагьун вукIарав ГIабдуллагьица, лагъасда аскIовеги вачIун, цIехана:

- Ахикь гьабулеб хIалтIухъ дуе щиб мухь кьолеб? - абун.

- Гьел дуда рихьарал панкъал руго дие къоялъ кьолеб гъин, - абун жаваб гьабуна лагъас.

- ЦоябгIаги дуего течIого щайха лъабабго панкъ гьоялъе рехараб? - ан цIехана ГIабдуллагьица.

- Гьанир дида жеги гьаби рихьун рукIинчIо. Гьанибе гьеб бачIун батизе буго рикIкIадасан. Гьанже гьеб гIорцIун букIиналдаса дунги вохана, - ян жаваб кьола лагъас.

- ЛъикIаб иш гьабуна дуца, амма панкъалги гьвеялъе кьун щибха дуцаго кваназе бугеб жакъа? - ан гьикьула ГIабдуллагьица.

- Щиб гьабилеб, Аллагьасул ﷻ махлукъаталъе кваназе кьун бугелъул гьеб, дагьа-макъаб яхI гьабизе ккелаха, - ян жаваб кьола лагъас.

Лагъасул жавабалъ хIайран гьавурав гьес гьаракь биччан «СубхIанаЛлагь» абун ахIула ва абула: «ГIадамаз абула дун сахаватав чи вугин, амма гьав лагъ абуни дидасаги дунгIадиназдасаги гIемерго сахаватав вуго», - ян.

Цинги ГIабдуллагьица ахил бетIергьанги лъазавун, лагъгун цадахъ гьеб бичун босула, хадув лагъги тархъан гьавун, ахил бетIергьанлъун гьев вахъинавула.

Абу-Гьурайратица бицараб хIадисалда аварагас ﷺ баян гьабун буго БетIергьан Аллагьасе ﷻ гурхIел-рахIмуялъул 100 бутIа бугин, амма цо бутIа гурони Гьес ﷻ гьаб дунялалда загьир гьабун гьечIин. ХутIараб 99-яб къиямасеб къоялъ ахираталда загьир гьабизе нахъбахъун тун бугин абун. Халгьабе, цо бутIа гурони загьир гьабун гьечIониги, дунялалда Аллагьас ﷻ нилъее кьун бугебщиналъухъ. Цинги пикру гьабе, ахираталда гьеб 100 бутIа загьирлъидал муъминзабазе ратизе ругел даражабазул. БетIергьанас ﷻ нилъ гьарун ратаги Жиндир гурхIел-рахIму щвараздасан. Амин!

АхIмма Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...