Аслияб гьумералде

Гох|г|адинал Г|амалаздаса лъик|аб

Гох|г|адинал Г|амалаздаса лъик|аб

Гох|г|адинал Г|амалаздаса лъик|аб

21-абилеб гIасруялъ квешаб рахъалъ тIоцебесеб бакI кколин абизе бегьула. Цере рукIарал лъикIал гIадаталги лъугIун унел руго. Хасго интернет баккидал. Гьелдасаги къабихIго гIадамазул нич, яхI, къадру-къимат, ритIухълъи хвезабуна инстаграмалъ. Киназулго рахъана модельерал.

Лъезе байбихьана кодобе щварабщинаб, гIумрудулъ лъугьа-бахъунеб. Цинги гIемерлъана жахIда-хIусуд, берккей ва гь.ц. Пайда буго гьездаса битIун хIалтIизабулесе. Амма лъалеб гьечIо гьеб битIун хIалтIизабизе. Хиянат, гукки гIемерлъун буго, хасго даранчагIазда гьокьоб. ХIиллачагIи гIемерлъун руго. Гьебги ккола къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан.

Жакъа гIадамазда гьоркьоб ритIухълъи тIагIунеб буго. Инсан гуккизе бокьараб багьана балагьулеб буго. Аварагасул ритIухълъиялъул кутаклъиялъ тушбабаз гьесие кьуна «аминилан», ай божарав абун цIар. Гьединаб хьвада-чIвади букIана хирияв Бичасул расуласул. Нилъееги рекъола гьесдаса мисал босизе.

Нилъер ислам букIине бегьуларо гIицIго цIарлъун, гьеб рекIелъ букIине ккола. ГIумар асхIаб вуго кIиабилев халип ва тIоцебе гьесдасан байбихьана ритIухъав халипайин абизе. Гьес абуна: «Дуца ритIухълъиялда тIадчIей гьаби, мун чIвалев вугониги», - ян.

Гьединго ГIумар асхIабас абуна: «РитIухълъи сабаблъун гIодовегIанлъизе бокьила (гьеб къанагIат гурони букIунаро), гьереси бицун тIадегIанлъиялдасаги (гьебги дагь гурони кколаро)», - ян («Адабу дуня ва дин»).

РитIухълъиялъ кидаго тIадегIан гьавула. Гьереси бицун хайир щвелин ракIалде ккараб бакIалда гьелъ чIового тола.

Ибну ГIабасица абуна: «Ункъо жо буго жиндилъ хайир бугеб: ритIухълъи, нич, шукру ва берцинаб тIабигIат», - ян. Абул-ХIасан Шазалияс абуна: «ГьитIинаб ракIалъ гьабураб гIамал лъикIаб буго гохIгIадин г1емер гьарурал лугбазул гIамалаздаса», - ян.

РитIухълъиялъ чиясул гIамал-хасият къачIала, гьурмаде нур бачIинабула. Ункъавго халипасулги букIана кутакаб ритIухълъи, божилъи, умматалъулго ургъел гьаби. Гьезда хадув вачIарав ГIумар бин ГIабдулгIазизиеги кьуна кутакаб къимат гьесул ритIухълъиялъе гIоло, хIатта абула гьесги, ункъавго халипас бачараб гIадин, гIадлу-низамалда бачанин халипатилан.

Гьес абулаан: «МугIрузде, щобазде бай ролъ, дир улкаялда цониги рухIчIаголъи бакъичIого букIине», - ян.

Шамиль Мухiаммадов АС-САЛАМАЛЪУЛ» Мухбир

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...