Аслияб гьумералде

Щукру щай гьабулареб?

Щукру щай гьабулареб?

Гьаб дуниялалъул хIисаб гьабидал

ХIасратго кIутIула дир каранда ракI.

Сверухъ Халикъасул хIалкIолъиялъул

ХIикматал рихьидал паналъула черх.

 

Хиялал гьарула дица гIемерал,

Халикъас бижараб гьаб гIаламалъул.

ГIаламатал рихьун йиххун хутIула,

Аллагьасул къудрат, хIалкIолъи бихьун.

 

ГьечIелъуса росун мугIрул рижарав,

МугIрузе сангарлъун кьураби кьурав.

Кьурабазул къвакIи чармил гьабурав,

Гьардарасе щукру щай гьабулареб?

 

Ракьулъан къватIибе лъим нилъей кьурав,

Гьеб гьарзаги гьабун гIорал гIуцIарав.

Рохьалги гъутIбиги рижизарурав,

Гьардарасе щукру щай гьабулареб?

 

ХIащул Адам гьавун, гьесий ХIава кьун,

ГIадамал рижизе хIалкIолъи гIурав.

ГIумруги гIамалги халкъалъе кьурав,

Гьардарасе щукру щай гьабулареб?

 

Халкъул гIаламалъе ислам малъизе

Расулуллагь нилъей жинца витIарав

ВахIю гьабиялъе Жибрил вижарав

Гьардарасе щукру щай гьабулареб?

 

Щобалги, мугIрулги, гIоралгун лъарал,

ГIелмуги, гIумруги, дингун дуниял,

Нилъее бижарав, нилъ хьихьун ругев,

Гьардарасе щукру щай гьабулареб?

 

Алжангиму жужахI, СиратIгин гIазаб

Бижарав БетIергьан - гIаламул султIан.

ЖужахI тIаса ине как-кIал кьуралъухъ

Гьардарасе щукру щай гьабулареб?

 

Сордо-къо, бакъгин моцI, хасел, их, рии

Рекъезе гьабурав къудратав Аллагь.

ЦIадал рай, гьурал пуй Жиндалъун бугев,

Гьардарасе щукру щай гьабулареб?

 

ГIанкIудал хинлъиялъ ханида жаниб,

РухI кьун тIинчI бахъизе къудрат хIалкIолев.

ТIолго дунялалда махлукъ бижарав,

Гьардарасе щукру щай гьабулареб?

 

Халикъас бижараб тIолабго махлукъ,

Рехсезе кIвеларо загIипай дида.

Амма дагьабниги рехсон тела гьеб,

Щукру РахIманасе халкъалъ гьабизе.

 

 

Мадина, Изано росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...