Аслияб гьумералде

Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ рехсей

ТIарикъат, ХIакъикъат, РабитIа битIараб букIиналъе ва Зикру тIадаб букIиналъе хIужаби

Гьанже дица бицина гьелъул къокъаб хIакъикъат, 
Къуръан-хIадисалдаса мухIкан гьабураб баян. 
ШаригIатгун ТIарикъат, МагIрифатгун ХIакъикъат, 
Ункъабго хьибил гьечIеб дин-Ислам букIунаро. 
ТIоритIулел шуйухал камун дунялги гьечIо, 
Къуръаналъул далилал гьелъий гIемерал руго. 
Вали кулли къавмин гьадﷺ - аят далил гIеларищ? 
Щибаб къавмалъе гьадиﷺ гьечIого гIоларилан. 
Къуръан-хIадисалдаса хIакъаб лъаларел нилъей, 
Нилъ тIоритIулев гьади - гьелин дол шайихзаби.
Вабтагъу илайгьил василатаﷺ - бугин цогиги аят,
Нужеца тIалаб гьабе АЛЛАГЬасде василатﷺ. 
Аварагги гьечIони, АЛЛАГЬги лъазе ккани, 
АЛЛАГЬасде нилъ щолеб хIакъаб нухги лъачIони, 
АЛЛАГЬасде жал щварал, щвезаризеги кIолел, 
Васаилаллъунﷺ руго гьал устарзаби нилъей. 
BaгIадаллагьу ллазинаﷺ абураб аяталда,
«Hyp» сураталда бугеб къотIиялде хал гьабе. 
ЛъикIаб гIамал гьабурал иман лъурал чагIазе 
Цересел умматазе халифа тарал гIадин 
АЛЛАГЬас ракьалда тIад халифаби толила. 
Гьедин гьедун АЛЛАГЬас нужей къотIи гьабула. 
Диналъе рес божиги, хулафаал рукIинги, 
Гьеб аяталда гьедин баянго бицун буго. 
Дун разияб куцалда дин гьабизе ресги кьун, 
Жалги рази гьарулел, жодое хIинкъи гьечIел, 
ХIинкъиялда хадубги божи бадалﷺ гьабулел, 
Дие лагълъи гьабулел, жидеца ширк кколарел. 
Щив чи вугониги гьеб нигIматалде кафурлъун, 
Гьеле гьел чийин ругел жал къосарал гIадамал. 
Халифаби гьечIого халкъ АЛЛАГЬас толаро, 
Гьанже гьел хулафаал гьал Устарзаби руго. 
Расуласул халифа Устарасда цIар буго, 
ХIабибасул наиб гьев, гьесул бакIалда чIолев. 
ГIалимзаби рукIунин хулафаал абуни, 
Устарзабазухъ гурищ кинабго гIелму бугеб? 
ГIараб лъалев цо ахIмакъ гьоркьоса вахъаниги, 
Киналго гIуламаал тIарикъаталда гьечIищ? 
Ала инна авлияаллагьиﷺ - ян абураб 
Суратул «Юнусалъул» аят дуда рагIичIищ? 
Нуж кантIея, гIадамал, хIакълъун вализабазе, 
ХIинкъи жидее гьечIин, пашманлъи букIунарин. 
Дур мацIалда валиян щив чиясда абулеб, 
Шайихзаби гьел гурищ, камилал вализаби. 
Гьува ллази жагIалакум халаифа фил арзﷺ -
Суратул «ФатIиралда» баянго бицун буго. 
АЛЛАГЬас ракьалда тIад хулафааллъун гьарун, 
Цересел умматазе гьаб уммат гьабун буго. 
Бищун хирияб уммат нахъ заманалде ккедал, 
Халифаго гьечIого АЛЛАГЬас гьел толаро. 
«Йуътил хIикмата» - аят «Бакъараталде» балай.
Дие вокьаравасе гIелму АЛЛАГЬ лъай кьела. 
Гьединан кьуравасе кIудияб лъикIлъи щвела, 
Гьеб хIикмат кьурал чийин гьал шайихзаби кколел. 
Къул иннал фазлаﷺ - аят ва хадусеб аятги,
«Ал-ГIимраналде» балай, баянго дуда лъала. 
Фазлу-рахIмат жидеда хассал гIадамал руго, 
Дий вокьарасе кьола, фазлу-рахIмат дихъ буго. 
ГIадамазе гIадинаб гуреб тIокIлъи щвечIони, 
Шайихзабазда хасаб фазлу-рахIмат щиб кколеб? 
Фазлу-paxIмат хассал чи аварагзаби руго 
Гьезул ирс босанщинал муршидзабиги руго. 
Куну магIа ссадикъин - абураб гьаб аяталъ,
Сиддикъуналгун цадахъ рукIаян амру гьечIищ? 
Аварагги гьечIони, асхIабзаби лъугIани, 
ТабигIинал тIагIани, сиддикъунал щал кколел? 
Гьеле гьел сиддикъунал гьал шайихзаби руго. 
Расуласде щвезегIан хIакъаб ижазаﷺ бугел. 
Гьеб амру тIубазелъун Аллагьасде нилъ щвезе, 
Шайихасдехун гьалмагълъи гьабун рукIине ккола. 
Радалги къайисаги сиддикъуналгун цадахъ, 
РукIун файиз щвезелъун рабитIа тIад лъун буго. 
Гьезул чIагоял ракIаз нилъер бецIал ракIазе, 
Файзалъул нуралги тIун ракIал чIаго гьарула.

ТIелекьа Мирзал ГIабдуллагьил МухIаммад. «Изгьарул хIакъаикъ» тIехьалдаса

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...