Аслияб гьумералде

ГIибадатазул бищун хирияб

ГIибадатазул бищун хирияб

Зикруялъул хиралъиялъул бицун рагIа-ракьанде щвеларо. Нилъер гIумруялъул щибаб лахIзаталъ цIализе рихьизарурал азкаралги руго. Гьеб гьабуни, кириги щола. 

 

Абула рекIее зикру кколин ччугIие лъим гIадинаб жойилан. Лъим щвечIони ччугIа хола, гьединго, ракIги хола зикру бачинчIони.

МугIаз бин Жабалица абун буго: «Адамил лъимералъ жужахIалдаса хвасарлъулеб цониги гIамал гьабичIо зикруялдаса лъикIаб», - ан.

Нилъеда лъазеги ккола зикру Аллагьасе ﷻ гIоло, ихласалда бачине кколеблъи. Гьедин бачинчIони, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ къабул гьабизе гьечIо, гIаксалда, къиямасеб къоялъ балагьалъе батизе бегьула.

ГIабдуллагь бин ГIаббас ккола Къуръаналъул бищун лъикIав муфассир, жиндие Бичасул аварагас ﷺ дугIаги гьабурав, ай Къуръан бичIчIизелъун.

Гьес абула ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рагIиялъул тафсир гьабун: «Нужеца цIуни гьаре Ханнас абураб шайтIаналъул квешаб васвас рехиялдаса», - ян. Гьеб ккола рекIеда тIад букIунеб шайтIан, Аллагь ﷻ рехсеялдаса мун гъафуллъани, гьелъ васвас рехула, Аллагь ﷻ рехсани, нахъеги уна.

ХIасан Басрияс абуна: «Лаилагьа илла Ллагь абураб калима аби ккола алжаналъул пихъ», - ян.

Факъигь Самаркъандияс абуна: «Анкьго калима цIунарав чи ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ аскIов вукIуна хириявлъун, малаикзабазда аскIовги вукIуна хириявлъун. Аллагьас ﷻ гьесул мунагьалги чурула ралъдал полопгIан гIемер ратаниги, тIагIаталда жаниб гьуинлъи батизеги гьабула, гIумруги хвелги гьесие лъикIаблъунги букIуна. Гьебги ккола:

  1. Щибаб жо байбихьулаго Бисмиллагь бахъи.
  2. Щибаб жоялдаса ватIалъидал АлхIамдулиллагь аби.
  3. МацIалъ къваригIел гьечIеб жо абуни яги квешаб гIамал гьабуни, Астагъфируллагь аби.
  4. Метер щиб бугониги гьабизе бокьидал ИншааЛлагь аби.
  5. Бокьулареб жо тIаде бачIани (балагь), Ла хIавла вала къуввата илла биЛлагь аби.
  6. БоцIиялде яги напсалде балагь щвани абила Инна лиллагьи ва инна илайгьи ражигIун абун.
  7. Къасиги къадги мацI чIезе теларо Лаилагьа илла Ллагь абун.

Лаилагьа илла Ллагь абураб рагIи алжаналъул кIул ккола. Амма кIулалъе цаби къваригIуна. Гьел цабилъунги ккола Аллагь ﷻ рехсолесул мацI бацIцIадаб букIин, ай мунагьаздасаги гъибаталдасаги.

Фузайл бин ГIиязица абуна: «Цо нухалъ пуланав чи вачIана дихъе ва гьарана васият гьабеян. Дицаги гьесда абуна щуго жо ракIалда чIезабейин:

  1. Кинаб къварилъи тIаде щваниги дуца абе гьеб Аллагьасул ﷻ къадаралдалъун кканин.
  2. Дуца дурго мацI цIуне гIадамал гьелдаса хвасарлъизелъун ва мунги Аллагьасул ﷻ гIазабалдаса хвасарлъизе вукIине.
  3. Дуца Аллагь ﷻ ритIухъ гьаве дуе бихьизабураб ризкъиялдалъун, мунго муъминчилъун вукIине.
  4. Хвалие хIадурлъи гьабе, гъапулго хвечIого вукIине.
  5. ГIемер Аллагь ﷻ рехсей, киналниги мунагьаздаса мунго вацIцIадавлъун вукIине».

Гьединго факъигь Самаркъандияс абуна: «Аллагь ﷻ рехсей (зикру) буго гIибадатазул бищун хирияб. Щайгурелъул, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цогидал гIибадатазе бихьизабуна къадар, заман. Кинниги зикруялъе щибниги бихьизабичIо, бокьараб мехалъ бачине бегьула ва амруги гьабуна гIемер бачейин».

Кинабниги хIалалда зикру бачиналъе кьола гьадинаб баян. ГIумруялда жанив чи вукIуна ункъо хIалалда: гIибадаталда, мунагьазда, нигIматазда ва балагьазда.

ГIибадаталда вугони гьесие рекъола Аллагь ﷻ рехсезе тавпикъ кьеян ва къабул гьабеян. Мунагьалда вугони гьесие рекъола Аллагьасе ﷻ дугIа ва тавбу гьабизе. НигIматазда вугони рекъола щукру гьабизе, балагьазда вугони - Аллагь ﷻ рехсела сабруялдалъун.

ТIадегIанав Аллагь ﷻ рехсеялда жаниб кинаб пайда бугеб? Гьелда жаниб буго щуго пайда:

  1. ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ разилъи.
  2. ТIагIат гьабизе гъира цIикIкIинаби.
  3. ШайтIаналдаса цIуни.
  4. РакI тIеренлъи.
  5. Мунагьаздаса цIуни.

ГIабид бин ГIумайрица абуна: «Бусаде чи вахани ва Аллагьги рехсолаго кьижун ккани, ворчIизегIан гьев вукIуна Аллагь ﷻ рехсолезул кьеразулъ», - ян.

 

Зикруялъул хиралъи

Бану исраилазул цо чи хун вуго. Къиямасеб къо чIедал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ малаикзабазда абулила, гьев чиясул кинаб букIаниги лъикIаб гIамал батулищали балагьеян.  Аллагьасда ﷻ кинабго жо лъалелъул, нилъее нугIлъие гьабулеб буго гьениб. Малаикзабаз абула щибго жо батичIин, цохIо баргъичалда тIад хъвараб Лаилагьа илла Ллагь абураб накъиш гурони. Цинги Аллагьас ﷻ абула, нужеца гьев Дир алжаналъуве лъугьинавейин, Дица гьесул мунагьал чуранин абун.

Нилъеда лъаларо щиб гIамалалъ нилъ хвасар гьаризе ругелали яги кинаб квешаб гIамалалъ жужахIалде цIазе ругелали. Кинниги зикру бачиналдаса машгъуллъизе бегьиларо, Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун цо лъикIаб гIамалъ рачине ратила нигIматазул алжаналде.

Тавпикъ кьеги.

 

МухIаммад ХIабибов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Муфтиясги гIахьаллъи гьабуна

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди гӀахьаллъана РФялъул президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайкал нухмалъиялда гъоркь тӀобитӀараб данделъиялда. Гьениб гьоркьор лъун рукIана миллатазда ва диназда гьоркьоб рекъел цӀуниялъул ва гьеб щула...


Тушбабаздехунги букIана гIафву

Аварагзабазул тIабигIа-таздасан ккола хIилму ва гурхIи. Аллагьас ﷻ Аварагасдехун абулеб буго: «Дуца гIадамаздехун гьабулеб гIамалалъулъ бигьаяб, хIеренаб нух тIаса бище ва жагьилал гIадамаздасаги вусса», ай гьез гьабуралда релълъараб ахIмакъаб гьабугейин ва гьезул рагIи-гIамал гIадахъги...


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


Ургъел щай гьабулеб?

Гьаб заман буго ургъалаби гIемераб. Гьедин бугин абун, нилъ рукIине бегьуларо кидаго рахIатхун. Кинаб хIалалде кканиги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Гьес ﷻ нилъ рехун толаро. Гьес ﷻ нилъее кьун буго хирияб Къуръан ракIалъе сахлъи гьабулеб ва тун руго рикIкIен гIемерал насихIатал хьул...


Лъадул хIакъ цIунизе ккола

Хъизан ккола Аллагьас инсанасе кьурал бищун кIудиял нигIматазул цояб. Исламалъ хасаб кIвар кьола ригьин гьабиялде. Ригьин гьаби рикIкIуна жамгIияб гIадатлъун гуребги, гIибадатлъунги, гьелдалъун цIунула иманги, яхIги, насаб халат бахъинабиги.   Хасго ригьин гьабизе лъикIазул цояб ккола шаввал...