Аслияб гьумералде

ПасихIго кIалъалев

ПасихIго кIалъалев

ГIалимзабаз бицухъе, ТIадегIанав Аллагьас Авараг ﷺ вижана калам гьуинавлъун ва гьес ﷺ гIадамазе жавабал кьолаан кIванагIан хехго.

 

ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул Авараг ﷺ нуж гIадин хехго кIалъалароан, амма гьесул калам баянаб ва къокъаб букIана, аскIов вугев щивав чиясда гьеб ракIалда чIезабизе кIолаан».

Щибаб рагIи Аварагас ﷺ якъинго абулаан, жиндирго каламалда жаниб магIнаялъул цониги мугь камичIого букIине, ай лъалхъи гьабун, щибаб рагIи батIа-батIа гьабун абулаан. ГIарабаздаги цогидал миллатазул гIадамаздаги гьев вичIчIулев вукIана. Щайгурелъул, гьев вукIана Аллагьасул ﷻ рахъалдасан гIадамазухъе витIарав авараг. Гьединлъидал Аварагас ﷺ абулел жал баянго бичIчIулеб куцалъ мухIканго абизе кколаан. Гьединаб пасихIлъи Аварагасухъ ﷺ бихьараб мехалъ ГIумар-асхIабас гIажаиблъи гьабун абула: «Нижеда гьоркьов кидаго гIумру гьабурав, нижер ракь бахун къватIиве вахъинчIев мун гьадингIан пасихIго кин кIалъалев?» - ян. Аварагас ﷺ жаваб кьола ИсмагIилица бицунеб букIараб мацI заман индал хисанин ва гьелъул пасихIлъи загIиплъанин. Гьединлъидал жинда аскIове ЖабрагIил малаик вачIараб мехалъ, гьес баянаб ва берцинаб калам бицанин, дицаги гьеб гьесдасан ракIалда чIезабунин абун.

Аллагьасул Расулас ﷺ лъабцIул такрар гьабулаан калам бичIчIизе букIине. Гьединго гIадамазда аскIоса унеб мехалъ лъабго нухалда саламги кьолаан.

Гьелъул магIна кколаро Аллагьасул Расулас ﷺ кидаго кинабго калам лъабго нухалъ такрар гьабулеб букIанин абураб. Гьелъул магIна ккола пайдаял насихIатал гьарулеб мехалъ такрар гьарулел рукIанин, гIадамазда ракIалда чIезе ва цогидазухъе кьезе. Щайгурелъул гIенеккаразда гьоркьор рукIине бегьулелъулха захIматго бичIчIулел гIадамал яги ургъизе кколел. Гьелде тIадеги, Аварагас ﷺ калам гьабураб мехалъ цо-цо баян кьезе кколел захIматал бакIалги рукIунаан. БичIчIунгутIи ккечIого букIине ва магIна киназдаго бичIчIизабизе гIоло гьес лъабго нухалъ такрар гьабулаан.

Лъабго нухалъ салам кьеялъе гIилла букIана гьадинаб: тIоцебесеб иргаялда, гIемерав чи вукIана гьенив ва тIоцебесеб нухалъ киназдаго рагIичIого букIине рес букIана. КIиабизе, кIиго-лъабго нухалъ такрар гьабиялъ жаниве лъугьине изну кьей лъазабулаан.

Имам Нававияс «Азкар» ва «Риязу ас-СалихIин» абурал тIахьазда хъалеб буго Аварагас ﷺ лъабго нухалъ салам кьей хаслъулаанин гIемерав чи вугев мехалъ ва тIоцебесеб нухалъ киназдаго гьеб рагIизе рес букIунгутIиялъ. Лъабго нухалъ салам кьей гьесул гIумруялда жаниб гIадатияб жо букIарабани, асхIабзабаз гьеб гьабизе букIана: дандчIваразе лъабго нухалъ салам кьелаан, рокъоре лъугьун хадуб агьлуялъеги лъабго нухалъ салам такрар гьабилаан. Амма Аллагьасул Аварагасул ﷺ гьединаб гIадат букIинчIо, гIадаталда рекъон цо нухалъ салам кьолаан. Лъабго нухалъ салам такрар гьабичIо хIажат ккараб мехалъ гурони.

Аварагасул ﷺ суннаталда рекъон, мажлисалдаса нахъе унеб мехалъ, салам кьезе суннатаб буго.

Авараг ﷺ кIалъазе гIодов чIедал, гIемерисеб мехалъ берал зобалазде ралагьизарулаан. ГIалимзабаз абула гьедин гьабулаанин ТIадегIанав Аллагьасдасан ﷻ вахIю бачIине рес бугеб мехалда. Амма гIемерал хIадисазда бачIана Аварагасул ﷺ балагьи ракьалде букIунаанин абун. Гьелъие баян кьолаго имам Мунавияс абуна гьеб бараб букIанин заманалда ва батIи-батIиял ахIвал-хIалазда. Зобалазде балагьи букIана цохIо вахIю бачIунеб мехалъ.

Авараг ﷺ хIажат гьечIого кIалъалароан, гIадада кIалъалел чагIаздехун хIалимав вукIана. Гьес мацI цIунана къваригIел гьечIел рагIабаздаса. Дагь кIалъалев чи гъалатIаздаса цIунаравлъун вукIуна. СихIкъотIиялъ рес кьола инсанасе жанисеб рахIатхвей цIунизе ва пикру гьабизе.

Авараг ﷺ кIалъалаан гIицIго диниял яги дунялалъул суалазул хIажат бугеб мехалда. ХIадисалда буго: «Чиясул берцинаб Ислам ккола жинде кколареб жо тей», - ян.

Аварагас ﷺ щибаб гали бахъулаан ТIадегIанав Аллагь рехсолаго. Гьелъ баян гьабулеб буго Аллагьасул Расулас ﷺ заман гIадада хвезабулеб букIинчIин аби. Гьеб суннаталда рекъон, нилъер щибаб гали буссинабизе бегьула гIибадаталде, ТIадегIанав Аллагь рехсеялде.

 

Шамил МухIаммадов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Иблисалъе вокьулев

БетIергьан Аллагьас ﷻ инсанасулъ рижун руго реццарал ва какарал тIабигIатал. Реццарал тIабигIатал Аллагьас ﷻ кьурав чиясда тIадаб буго гьезухъ шукру гьабизе, амма какарал тIабигIатал ругони, гьес кIвараб хIаракат гьабизе ккола гьел тIагIинаризе.   Бахиллъи, къарумлъи, барахщи – гьал...


ХIикматал махлукъатал

Руз   Руз ккола дунялалда ругел бищунго гIажаибал ва хIикматал хIанчIазул тайпабазул цояб. Абула гьезул бугин 200-250 гIанасеб тайпа. Гьел дандчIвазе бегьула киса-кирего. Руго чIахIиялги, гIисиналги.   Гьанжесеб заманалъул бищун кIудияб рузлъун рикIкIуна Россиялда, Китаялда ва...


Нужее баяналъе

«Салул гамайилан» сунда абулеб? – Вараниялда. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул «ан-Намлалда». Адам щиб къоялъ вижарав? – Рузман...


ГIибадатлъун жиб кколеб

ДугIа ккола инсанасдаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб рухIияб кьо. Кьоялда тIасан цогидаб рахъалде щвезе кIолебгIадин, гьанибги Аллагьасде ﷻ ахIи базе ва Гьесде гIагарлъизе кIола.   Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «ДугӀа ккола гӀибадаталъул нах», - ян (ат-Тирмизи). ДугӀаялъул...


Къимат тIадегIанав

Щаклъи гьечIо, МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру кигIан лъазабуниги нилъее дагьаб букIиналда. ХIакъикъаталда, Аварагасулъﷺ руго рикIкIен гьечIел лъикIлъаби. Гьединлъидал нилъеца, гьоркьоса къотIичIого, гьесда хурхарабщинаб жо лъазабизе ккола, хасго «аш-Шамаил МухIаммадия» абурал тIахьал...