Аслияб гьумералде

Мунагь чуриялъе сабаб

Мунагь чуриялъе сабаб

ГIужда как бай буго чиясул талихI. Щайин абуни, нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе. Гьебги буго нилъер умматалда хасс гьабураб гIамал. ХIисаб гьабе, авараг ﷺ мигIражалде араб сордоялъ Аллагьас ﷻ тIад гьабулеб букIараб кIикъоялда анцIго какил. Гьанже нилъеца балеб кинниги кIикъоялда анцIабго базе ккарабани, чиясе цоги ишалде машгъуллъизе заманго гIелароан.

 

Амма, аварагасул ﷺ гьариялдалъун, гьел какал щугоялде ккезаруниги, гьезухъ БетIергьанас ﷻ кьолеб кири кIикъоялда анцIабго барабгIанасеб буго. Аварагас ﷺ бицун буго, мигIражалде араб сордоялъ, Аллагьас ﷻ кIикъоялда анцIго как тIадаблъунги гьабун тIадвуссунаго, анлъабилеб зодов ватарав Муса аварагас «Гьел какал разе дур умматалъе захIмалъула, тIадвуссун гьаре БетIергьанасда ﷻ бигьалъи гьабеян» малъун Аллагьас ﷻ гьел щугоялде ккезаруна ва абуна: «Сордо-къоялда жаниб балеб гьеб щуго как буго жидер щибалъе анцIго как барабгIанасеб кири хъвалеб, жалги кIикъоялда анцIгояллъун кколел», - ан.

Гьедин бугелъул, нилъее рекъараб букIина гьел гIужда разе, хIалкIун жамагIаталда. ЖамагIаталда бараб какил кириги, нилъеда лъала, къоло анкьиде бахинабулеблъи. ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго: «Нужеца тIадчIей гьабе паризаял какал гIужда ва камилго раялда», - абун (сура «Бакъарат», 238-абилеб аят). Цоги аяталда буго: «Нуж лъикIлъаби гьаризе гIедегIе», - ян. ГIужил авалалда как баялдаса лъикIаб гIамалги щибха букIинеб?

ТIадегIанав Аллагьас абуна: «Нужеца хехлъи гьабе Аллагьас ﷻ нужер мунагьал чурулел ва Гьев ﷻ нужеда гурхIулел лъикIал гIамалал гьариялде», - ян (суратул «Алу ГIимран», 133-абилеб аят).

ГIужда бараб как мунагь чуриялъе сабаблъун букIуна. Суннатаб буго, гIуж щведал как базе, гIужил авалалда как баялъул хиралъи хIасуллъизе. Амма гIужил авалалда как баялъул хиралъи борчIун кколаро, как баялъе къваригIунел цо-цо сабабазда машгъуллъунин абун.

Имамасеги суннатаб буго гIужил авалалда как баялда тIадчIей гьабизе. Амма как ахIун хадуб, гIадамал какде рачIинегIан дагьаб заманалъ балагьун чIела гьевги. Дагьаб жамагIатгун гIужил авалалда барабги хирияб буго, гIемералгун дагьаб хадуб баралдаса.

Ибну МасгIудица бицун буго: «Дица цо нухалда аварагасда ﷺ гьикъана гIамалазул бищун хирияб щиб бугебин. Гьес ﷺ абуна: «ГIужил авалалда бараб как буго», - ян.

Аллагьас ﷻ тIоцебе диеги хадуб цогидазеги бичIчIи кьеги какил кIвар гьабизе ва гIужда тIобитIулеллъун рукIине.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...