Аслияб гьумералде

Аллагьас ﷻ жинде ахIараб сапар

Аллагьас ﷻ жинде ахIараб сапар

Аллагьас ﷻ жинде ахIараб сапар

ХIеж гьаби ккола исламалъул рукнабазул цояб. Гьеб гьабиги тIадаб буго гьелъие рес ва сахлъи бугев щивав бусурбанчиясда. ГIицIго динияб гIамал гуребги гьеб буго гъваридаб магIнаялъул цIураб кIудияб сапарги.

 

Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Дуца гIадамазда лъазабе Аллагьасул ﷻ рукъалде рачІун хIеж гьабеян. Гьел рачІине руго жидерго хIатIазда рилълъун ва рикІкIадаб сапаралдаса жал свакарал, хIалакъал варанабазда рекIун. Гьезда бихьизе букIине жидее бугеб пайда (ахират) ва жидеца Аллагьги ﷻ рехсезе…», - абун (суратул «ХIаж», 27-28 аят).

Гьаб аяталъ бихьизабулеб буго хIежалъул бугеб кIвар ва захIмалъи дандчIвазе бугониги, рикIкIадаб сапаралдасаги рачIун, жидее Аллагьасул ﷻ рахъалдаса щвезе бугеб пайда.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ХIажат гьечIеб каламги мунагьалде кколеб гIамалги гьабичIого, Аллагьасе ﷻ гIоло хIеж борхарав чи, эбелалъ гьавураб къоялъ кинниги, мунагьаздаса вацIцIадавлъун вуссина (хIежалдаса)», - абун (Бухари). ХIадис рехсараб бакIалда имам Нававияс хъвалеб буго, хIежалъ чиясул киналго мунагьал чурилин абун.

Имам Гъазалияс хъван буго: «ХIеж буго (Аллагьасда ﷻ цере) гIодоре къулун хIели бихьизабиялъул бакI, Аллагьасда ﷻ цебе бугеб жидер хIакъикъияб ращалъи лъазабулаго гьенир бечедалги мискиналги, ихIрамги ретIун, рукIуна», - абун («ИхIъяу гIулуму ддин»).

ХIежалда щибаб гали рикIкIун хъвала Аллагьас ﷻ лагъзадерие кири. Аварагас ﷺ абун буго: «ХIажичиясе гьесул вараниялъ тIамураб щибаб гали рикIкIун хъвала кири», - ян (АхIмад).

Гьениб дугIаги къабул гьабиялдаса нахъчIваларо, хасго КагIбаялда аскIоб ва ГIарафа магIарда ругеб заманалда.

ХIеж борхарав чиясе «Масжидул ХIарамалъгун» ГIарафа мегIералъ нугIлъиги гьабула Къиямасеб къоялъ Аллагьасда ﷻ цебе.

ХIежалде унев чиясе рекъараб буго:

Аллагьасе ﷻ гIоло абун ният бацIцIад гьабизе.

ГъалатI ккеялдаса цIунаравлъун вукIине хIежалъул къагIидаби лъазаризе. Гьеб заманалда нухмалъи гьабулев цевехъанасухъ гIенеккизе.

Сабру ва берцинаб тIабигIат, гIамал-хасият цIунизе, хасго гIадамал ракIарараб бакIалда.

ГIемераб дугIа гьабизе.

Мунагь ккеялдаса цIунизе, хасго чIухIиялдаса ва хочI-хабаралде руссиналдаса.

ГIибадатгун исламалъул рукнабазул цояблъун букIиналдаго цадахъ, хIеж гьаби буго лагъ Аллагьасухъе ﷻ вуссин.

Аллагьас ﷻ ахIаги щивав бусурбанчи хIеж борхизе! Амин!

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...