Аслияб гьумералде

Рокъоб бежарабищ яги тукадулабищ?

Рокъоб бежарабищ яги тукадулабищ?

Рокъоб бежарабищ яги тукадулабищ?

Чед ккола некIозамана-лдасаго тIолго-дунялалда машгьураб нигIмат. КигIан батIи-батIияб культура ва квен-тIех гьабулеб къагIида халкъазулъ букIаниги чедалъ хассаб бакI ккола чиясул рационалъулъ. Чед букIине бегьула рокъоб гьабурабги заводалда бежарабги. Амма кинабха гьезул лъикIаб бугеб? РачIа халгьабизе щибалъул, лъикIалги квешалги рахъазул.

 

Рокъоб гьабураб

Хиралъи тIокIлъи (преимущества):

  • Рокъоб чед хIадур гьабиялъ рес кьола тIабигIиял пайдаял ва качествоялъулал гьоркьор журалел ингредиентал хIалтIизаризе. Нилъее бокьараб тIаса бищизе бегьула: ханжу, лъим яги риди, тIорахь ва цогиги хIадур гьабулеб заманалъ тIаде журалел нигIматал. Дагь гьаризе бегьула консервантал.
  • Рокъоб бежулеб чед корониса къватIибе бачIуна бухIилаго гьуинмахIалъулаб. Киналниги заводалъул технологияз хисун кьоларо рокъоб чед хIадургьабулелъул букIунеб атмосфера ва гьеб параялда букIунеб хинлъиялъулаб хIал.
  • Щибаб, рокъоб бежулеб чед буго хассаб жинда цогияб релъунареб. Щивас бегьула батIи-батIиял рецептаздалъун хIалбихьи гьабизе ва щибаб нухалъ лъугьуна хассаб къагIидаялда батIаго бежараб чед.
  • Рокъоб чед бежулелъул журазе бегьула бакъдебусалъул гага, пихъазул кескал, лъолъол хьом, бежараб пер, нисо-хIан гIадал пайдаял ингредиентал, тIаде хъуризе бегьула цIулакьода релъарал цогидал ракъварал пихъалги.

Багьана, гIунгутIи (недостатки):

  • Кинаб чед хIадур гьабулеб бугеб хал гьабун, гIатI буцулаго куц-мохъ лъугьинабулаго печалда жанибе бегьун бежулаго тIад хвезабизе ккола гIезегIанго заман хIатта чанго сагIатгицин. Гьабизе ккола цIакъбахъи, кьезе ккола гуч. ХIалбихьигун махщел бугезни, цояб гьабулаго гьоркьоб заманалдаги хIадур гьабун бежула чед.
  • ЛъикIаб чед бежулелъул къваригIуна хассаб техника яги духовка ялъуни жаниб цIа бакулебгIаги кор.

 

Заводалъул чед

Хиралъи тIокIлъи:

  • Заводалъул чед бокьараб тукаде аниги гьениб букIуна, хIадурараб, гьебсагIаталда босун кваназе бегьулеб. Хвезабизе кколаро заман ва ургъел гьабизе кколаро гьеб бежизе печалъул ва хIадур гьабулаго къваригIунел тIагIелалгун ингредиентазул.
  • Заводалдаса бачIун бичулеб чедалъул рукIуна хъахIаб ханжуялдаса бахъараб цельнозерновоялъулалде ва хIатта жиндилъ глютена гIадалцин веществаби лъугIинабуралде щвезегIан гIемер батIи-батIиял тайпабазул чед.
  • Тукадаса босулеб чед букIуна хассаб станокалда лъун роцен гьабун къотIараб. Ва гьединаб цIунизе кIола цIикIун заманалъ.

Багьана, гIунгутIи:

  • ГIемерисеб заводалъулаб чед букIуна тIаде консервантал журан гьабулеб. Гьединал жалаз гьукъула бактериялгун грибаби чедалда лъугьине, цинги цIикIун заманалъ цIунизеги бажарула. Амма чиясул сахлъиялъе гьез зарал гьабизе рес букIуна. ГIемерисез хIалтIизабун букIуна учузаб разрихлителги.
  • БатIи-батIияб тайпаялъул бугониги, рокъоб гьабураб чедалда данде босараб мехалъ заводалъулаб букIуна, бихьизе кIудияб бугониги, тIагIамалъулъ гIорцIизари дагьаб. ГIемерисеб нухалъ хIадур гьабун букIуна жидеего экономия кколеб хIал гьабун.
  • Заводалда гьабулеб щибаб чед букIуна кинабго жоялъулъ, цIайи куц-мохъ бихьи тIагIам, цоцада релъинабун гьабураб. Гьелъ буго рокъоб гьабулеб чед хассаб жинда цогияб релъунареблъун. Рокъоб гьабулелдаги тукадаса босулелдаги гьоркьоб тIасабищи бараб буго щивасул рукIа-рахъиналда, предпочтениялда ва рес рекъеялда.

Босулеб чед тIаде ралагьун кин батIабахъилеб?

Руго чанго батIаял къагIидаби тIаде балагьун лъикIаб чед батIабахъизе лъалеб.

  • Кьер. ГIадатияб ролъул чед (пшеничный) босулеб бугони, гьеб букIине ккола меседилабгун-тIулакьераб. ЧIегIераб чед бугони, гьелъул кьер букIине бегьуларо шоколадалъулгун-багIараб (шоколадно-красноватый). Гьединаб кьер букIиналъ нугIлъи гьабула тIаде карамели жубан бугеблъи. ЛъикIаб чIегIераб чедалъул кьед букIуна цIахIил-тIулакьераб (серо-коричневый).
  • ЦIайи. Чед босулелъул аслияб жо гьеб буго. Цельнозерновой чед бакIаб бугебгIан лъикIаб буго. Цельнозерновой чед букIунаро тIадагьаб ва гьобогьараб. ГIадатияб чедги цIайи цIикIараб лъикIаб буго. Бихьизе кIудияб бугониги, тIадагьаб бугебгIан мехалъ гьеб пайда дагьаб ва тIаде цIикIун консервантал журараб буго.
  • ХIадурараб къо-моцI. Чанго къоялъ гурони цIунизе бихьизабичIеб чед бугони гьеб лъикIаб буго, тIаде консервантал журачIеб чед кIиго-лъабго къоялъ гурони цIунун хутIуларо. Анкьалъ яги цIикIун цIунизе кIолин бихьизабураб бугони, гьебги лъикIаб чед гьечIо.
  • ЦIан бачIин. ЛъикIаб чед, данде къан хадуб цебе букIараб формаялде буссун бачIине ккола.
  • Хъурун бачIин. КъотIулеб мехалъ хъурун бачIунеб чедги лъикIаб гьечIо. Гьедин бачIин буго ханжуялъул качество къадараб букIиналъе гIаламат.

ГIадатияб тIабигIияб бокьулеллъун ругони кванай рокъоб бежараб чед.

 

АхIмад Къурбанов

 

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...


Ургъел щай гьабулеб?

Гьаб заман буго ургъалаби гIемераб. Гьедин бугин абун, нилъ рукIине бегьуларо кидаго рахIатхун. Кинаб хIалалде кканиги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Гьес ﷻ нилъ рехун толаро. Гьес ﷻ нилъее кьун буго хирияб Къуръан ракIалъе сахлъи гьабулеб ва тун руго рикIкIен гIемерал насихIатал хьул...


Хварал нухда регIулев

«Хвел-хоб кIочараб, къойил холел гIадамазул хабар рагIаниги нилъго хвелин ракIалдецин кколареб гIажаибаб дунял бачIун буго». Гьединал пикрабазда вукIаго, ракIалде бачIана хварал чагIи чурулев чиясулгун гара-чIвари гьабизе лъикI букIинаанин абураб пикру. ЦIех-рех гьабулаго, гьединав чи...


Къарзалъе щиб бугониги кьей

Къарзалъе гIарац кьей хирияб ишги нилъер Аварагасул ﷺ суннатги буго. Амма налъи бецӀи ккола тӀадаб жо. КигӀан ритӀухъав вукӀаниги, налъи бецӀизегӀан яги къарз кьурав чи тӀаса лъугьинегӀан, гьеб тӀаса кколаро. Гьединлъидал, бусурбанчиясе рекъола кIванагIан къарзалъе жо босичIого тезе, чарагьечIеб...


ХIикматал махлукъатал

Квокка Квокка ккола унго-унголъунги гIажаибаб ва цIакъ хIикматаб хIайван. Гьелда абула «Ракьалда бищун талихIаб хIайваниланги». Гьаб ккола кенгуруялъул хъизамалдаса гьитIинабго хIайван. Гьелъул кIодолъи-гьитIинлъи буго гIага-шагарго рукъалъул катил гIадаб. Черхалъул халалъи: 40-54 см,...