Аслияб гьумералде

Ражи – сахлъиялъе тӀабигӀияб сайгъат

Ражи – сахлъиялъе тӀабигӀияб сайгъат

Исламияб медицинаялда цебегоялдаса нахъе лъалеб букӀана ражиялъул сахлъиялъе бугеб пайда. МухӀаммад аварагас ﷺ рехсана гьелъул пайда, гьеб кванилъ хIалтIизабизе малъа-хъвайги гьабуна. Гьанжесел цӀех-рехаз тасдикъ гьабулеб буго гьел малъа-хъваязул хIикмат, гьеб гӀажаибаб тIагIамалъул гӀемерал пайдаял рахъал ругеблъи.

 

10 пайда

  1. Простатаялъул хӀалтӀи лъикӀлъизаби.

Бихьиназе ражи ккола простатит ва простаталъул аденома ккеялдаса цӀуниялъе лъикӀаб алатлъун. Гьелъ кумек гьабула тестостерон бачIинабиялъул къадар гӀадатияб хӀалалде бачине, бихьиназул сахлъиялъе квербакъи гьабизе.

  1. Холестериналъул даража гӀодобе ккезаби.

Ражиялъ кумек гьабула холестериналъул даража ва бидул лъамалъи лъикIлъизабизе, гьеб кӀвар бугеб жо ккола ракӀалъул ва лугбузул унтаби ккеялдаса цӀуниялъе.

  1. ТIулалъе кумек.

Детоксикациялда гӀахьаллъулел ферментал хӀалтӀизарун, ражиялъ кумек гьабула тIул бацӀцӀад гьабизе. Амма кӀвар бугеб жо ккола гьеб хIалтIизабиялъулъ гьоркьохъеб къадар цӀуни, къойие 1-2 гожо гӀола.

  1. Ццин лъикӀлъизаби.

Ражиялъ ццим кванирукъалде инчIого чIей тIагIинабула ва ганчӀал лъугьине биччаларо, амма нагагьлъун гьеб цциналъул гIузру цебего букӀун батани, кваналалде цебе тохтурасда дандбазе ккола.

  1. Херлъи хIинцлъизаби.

ТӀабигӀияб антиоксидантлъун кколеб аллициналъул къадар жинда жаниб цӀикӀкӀараб букӀиналъ, ражиялъ кумек гьабула клеткаби цӀилъизаризе.

  1. Иммунияб система щула гьаби.

ЦӀех-рехаз бихьизабуна гьоркьоса къотӀичӀого ражи кванаялъ чанго нухалъ дагь гьабулеб букӀин чорхолъе квач ккеялъул хӀинкъи.

  1. Метаболизм лъикӀлъизаби.

Ражиялъул ферментаз кумек гьабула квен бихIинабизе, хIажатханалде иналъул иш рекъезабизе ва хӀатта чорхол цIайи рукIалиде ккезабизе.

  1. Нервабазул системаялъул рахъалъ квербакъи.

Ражиялъ лъикӀаб асар гьабула гIадалнахалъул хӀалтӀуе, пагьму, цIодорлъи бачIинабула.

  1. Рак унти ккеялдаса цӀуни.

Ражиялъулъ ругел антиоксидантаз ракалъул клеткаби хехго гIун рачIин хIинцлъизабула, гьеб унти тIибитIиялъул хӀинкъи дагьлъизабула.

  1. Ферментированияб ражиялъул пайда.

Хасго къиматаблъун рикӀкӀуна ферментация гьабураб ражи. Щайгурелъул гьелъ жиндирго киналго пайдаял хаслъаби цӀунун хутӀула, амма тӀагӀамалъул рахъалъ хӀеренаблъун лъугьуна. Гьелъ кумек гьабула:

  • бидул тӀадецуй гӀадатияб хӀалалде бачине ва ракӀ унтиялъул унтабазул хӀинкъи дагьлъизабизе;
  • инсулинорезистентносталда глюкоза къабул гьаби ва гъорлъе лъугьин лъикӀлъизабизе;
  • мех щвелалде цебего херлъиялдаса гIадалнах цӀунизе.

Кин хӀадуризе кколеб ферментированияб ражи?

  1. Щибаб гожоялдаса хъал бахъун, бащда-бащдаб къотӀула.
  2. ХӀадур гьабила цIамулъин (1 литр лъелъе 1 кIудияб гъуд цIамулги бан).
  3. ЦӀорол яги щагIил гъадринибе ражиги бан, тIаде тIола цIамулъин.
  4. ЛъикIго кIалтIуги къан, 7-10 къоялъ тела.

Ферментация гьабун хадуб, холодильникалъуб цӀунун, сахлъиялъе пайдаяб кванил нигӀмат хӀисабалда кваназе хIалтIизабила.

 

ХӀасил

Ражи буго Аллагьасул сайигъат сахлъи щула ва гӀемерал унтабаздаса цӀунизе кумек гьабулеб. Амма машгьурав тохтур Парацельсица абухъе: «Кинабго жоялъулъ загьру буго ва кинабго жоялъулъ даруги буго - гьеб бараб буго хIалтIизабулеб къадаралда». Гьоркьохъеб къагӀидаялъ ражи кванани (къойие 1-2 гожо) пайда букӀина, амма цIикӀкӀани зарал ккезе бегьула.

 

ХIамид  МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...