Ингилисазул жасус
(Байбихьи цересел номеразда)
Секретарь: «Дов ункъавго аслиявгун дандчIвалев вукIаравани мун, гьанже рес букIинаан гьелгун, ай гьезул бакIалда чIезарурал гьал «двойникалгун» дандчIвазе. Дуда лъалаан «двойникал» релълъарал ругеб куц».
Дица абуна: «Дида лъала кин шейхул-ислам ургъулевали, щайгурелъул Стамбулалда вукIарав дир мугIалим АхIмад-афандияс дида гьесул хIакъалъулъ мухIканго бицун букIана».
Секретарь: «Гьедин батани, кIалъайха гьесул двойникгун».
Дун шейхул-исламин тарасухъе гIагарлъана ва абуна:
- Халифасе мутIигIлъи паризаяб бугищ?
- Узухъда, гьеб паризаяб буго, Аллагьасулги гьесул аварагасулги адаб гьабизе ккей гIадинаб.
- Гьелъие далил щиб?
- Дуда лъаларищ Аллагьасул гьадинаб аят: «МутIигIлъе Аллагьасе, гьесул Расуласе ва тIадтарал чагIазе». (сура «Ан-Ниса», 59 аят)
- Бугищ Аллагьасул амру Мадина шагьаралда хъачагълъи гьабизе жиндирго рагъухъаби ритIарав, нилъер аварагасул ясалъул вас ХIусенги ва жеги Валидги чIварав халиф Язидие мутIигIаллъун рукIине?
- Дир вас, Язид Живго Аллагьас тIамун вукIана бусурбабазул парччахIлъун. Гьес буюрухъ кьун букIинчIо ХIусен чIвазе. Мун божуге шигIитазул бугьтаназда. ЛъикIго цIале тIахьал. Гьесухъа тохлъи ккана. Хадуб ракIбухIана. Мадина талавур гьабизе ихтияр кьейги гьесул битIараб букIана. Гьеб шагьаралъул халкъ битIараб нухдаса къосун букIана, сихIручилъи гьабизе лъугьана, Аллагьасе гIибадат гьаби кIвар гьечIого тана. Валид абуни вукIана фасикъ, ай диналдаса вуссарав чи. Бихьизабун буго шаригIаталда данде кколел халифасул амруял тIуразаризе.
(Гьелго суалал кьун рукIана дица дир мугIалим АхIмад-афандие ва гьесул жавабал гьазулалдаса дагьал гурони ратIа рахъулел рукIинчIо).
Хадуб дица гьикъана секретарасда:
- Кинаб хIикмат бугеб гьал двойникал хIадур гьариялъулъ?
- Нижеца гьадинаб къагIидаялда лъазарулел руго султIанасул, шигIитазул ва суннитазул гIалимзабазул пикраби. Гьелгун диналъул ва сиясаталъул суалазда тIасан пикраби дандралаго хIаракат бахъула кумекалъулал ресал ралагьизе. Масала, дуда лъала кинаб рахъалдаса тушманасул бо тIаде кIанцIизе бегьулебали ва гьеб хIисабалде босун кколелъур чIезарула дурго рагъухъаби ва тушман нахъчIвала. Амма лъалеб гьечIони кисан кIанцIизе вугев тушманали, дурго солдатал чIезарула дора-гьанир ва къей хIехьола. Гьебго къагIидаялда, лъалеб бугони дуда кинал далилал рачине ругел бусурбабаз жидерго динги мазгьабалги ритIухъ гьариялъе, дур рес буго гьезул рагIаби нахъчIвалел, гьел мекъи гьарулел хIужаби хIадурлъизе ва гьеб сабаблъун дозул диналъул кьучIал гьаргьадизаризе.
Хадуб гьес дихъе кьуна азарго гьумер бугеб тIехь. Щуялго двойниказулгун рагъулал, финансазул, маданияталъул, диналъул суалазда тIасан гьарурал гара-чIвариязул ккарал хIасилал данде гьарураб тIехь букIана гьеб. «ЦIалун хадуб нахъбуссинабе», - ан абуна секретарас.
Дица тIехь рокъобе босана. Лъабго анкьалъулаб отпускалъул заманалда хIарп течIого, кIвар кьун, цIалана. Гьеб тIехь букIана цIакъ хIикматаб. Щайгурелъул кIвар бугел суалазе кьурал жавабалги, тIеренал халкквеялги рукIана цIакъ мухIканал.
Дица гьабураб хIасилалда рекъон, двойниказул жавабал дол унго-унгояз кьуразда релълъарал рукIана нусго проценталдаса лъабкъоялда анцIго проценталда, секретарасги абухъе. Гьеб тIехь цIалун хадуб нижер хIукумуталде дилъ букIараб божилъи жеги цIикIкIана. Дир ракIчIана нусго соналдасаги дагьаб заманалда жаниб гIусманиязул империя биххизабизе хIадурлъиялъул планал рукIиналда.
Секретарас дида абуна:
- Гьаб тIехьалдаго гIадал малъа-хъваял руго министерствоялъул батIиял комитетазда нилъеца асир гьарурал яги гьаризе ракIалда ругел пачалихъазул рахъалъги.
Дица гьесда гьикъана:
- Кир ратарал нужеда гьадигIанго гьунар бугел гIадамал?
Гьес абуна:
- Дунялалъул киналго рагIал-лъабазда ругел министерствоялъул хIалтIухъабаз ритIун рачIуна нижее баянал. Дуда рихьулел двойникал жидерго ишалъул махщел цIикIкIарал специалистал руго. БичIчIулеб жо, цо чиясул лъай-гIакълу дурго пикрабазулъ босулеб бугони, кIолеб буго гьев чи ургъулев гIадин ургъизе ва гьесго гIадал хIукмаби къотIизе. Щайгурелъул мун лъугьунев вуго гьесда релълъаравлъун, унго-унго гьев чи мун вугеб хIисабалда.
Секретарас жеги абуна:
- Министерствоялъ дуе рагьейин абурал балъголъабазул тIоцебесеб балъголъи гьеб буго. КIиабилеб рагьила дуе азарго гьумералъул тIехь дуца нахъе бачIун хадуб.
Дица гьеб бутIа-бутIаккун цIалулаан ва рекIелъ разилъигун лъугIизабуна. Гьеб сабаблъун бусурбабазул хIакъалъулъ лъай дилъ цIикIкIана. Дица мухIканго лъазаруна гьез пикраби гьарулел къагIидаби, гьезул къвакIарал ва загIипал рахъал.
Бусурбабазул загIипал рахъал, доб дица цIалараб тIехьалда рекъон, руго гьадинал:
- Суннитазда ва шигIитазда гьоркьоб кьал, падишагьасда ва халкъалда гьоркьоб тунка-гIуси. (Гьеб гьереси буго. Падишагьасе мутIигIлъизе ккей гьес жинцаго цебе рехсон букIана), Турциялда ва Ираналда гьоркьоб дагIба-рагIи, кIудиял тухумазда гьоркьоб гъалмагъир, диниял ва пачалихъиял тIадчагIазда гьоркьоб дандеккунгутIи. (Гьебги гьереси. ГIусманиязул пачалихъалъ гIалимзабазул гьабулеб букIараб къиматалъулги гьезде букIараб божилъиялъулги мухIканго хъван буго ГIусманиязул къазиясул васигаталда. Киналго падишагьзабаз гIалимзабазе бищунго тIадегIанал хъулухъал кьолел рукIана. Мавлан Халид Багъдадиясда ракIчIегIерлъарал чагIаз МахIмуд падишагьасухъе гIарзгун рачIун гьев чIвайилан чIараб мехалъ, МахIмудица абуна гIалимзабаздаса пачалихъалъе зарал букIунарин ва гьел чагIазул тIалаб нахъчIвана. Гьеб киназдаго лъалеб жо буго. ГIусманиязул султIаназ гIалимзабазе жанир рукIине рукъ, квен-тIех ва кIуди-кIудиял харжал кьолаан).
- Бусурбабазул жагьиллъи, лъавукълъи, цо дагьаб къадар нахъе босун. (Дунялалдаго лъала гIусманиязул гIалимзабазул диналъул, хьвада-чIвадиялъул, мухIканал гIелмабазул тIахьал. Бищунго бецIаллъун рикIкIунел рукIарал хур-ах, боцIи-панз гIезарулездацин кIудияб даражаялда лъалаан дин, диниял гIадатал ва жеги жидерго махщелалги. Киналго росабазулъ рукIана жидерго мажгитал, мактабал ва мадрасаби. Гьенир лъазабулаан хъвай-хъвагIай ва цIали, динияб лъай, мухIканал гIелмаби, батIи-батIиял махщелал, хирияб Къуръан. РукIана цIакъ гIемерал гIалимзаби ва гIакъилзаби – росдал школаздаса къватIире риччарал халкъалъе пайдаял чагIи).
- РухIияб бечелъи, лъай гьечIолъи ва пикраби гьарунгутIи. (РухIияб бечелъи, тIадегIанаб даражаялда бацIцIадаб хьвада-чIвади гIусманиязул бусурбабазулъ цIакъ церетIурал рукIана. Халкъалъ жигьад гьабулеб букIана, гьел гъазаватазулъ шагьидасул хвел босизе гIоло. Щибаб какда ва рузманкъоялъул вагIзаялда хадуб диниял хIалтIухъабаз халифазе сахлъи гьарун дугIаби гьарулаан ва киназго Аминилан абулаан. Насраниязул росабазда гIумру гьабулезда хъвазе ва цIализе лъаларо, диналъул хIакъалъулъ, дунявиял гIелмабазулги бичIчIи гьезул гьечIо, кашишазул гьерсалги ургъун рахъарал жалги рикIкIунел руго гьез динлъун. Гьел руго гIакълу гьечIеб гIачирехьедалъул хIисабалда).
- Дунявиял ишаздаса тIуранго рикIкIад чIей ва къиямасеб къо щвеялде балагьун чIей. (Исламалда рухIияб ва дунявияб цоцазда щулаго рухьарал руго. Дунявиял ишал гьариги ккола дин гьабилъул цо бутIа. Аварагас абун буго: «Дунявиял ишал гьаре нуж киданиги хвезе гьечIел гIадин, ахираталъе гIоло хIаракат бахъе метер накълулъизе ругел гIадин». Гьелдаго цадахъ Инжилалда беццараб гьечIо дунявиял ишал гьари).
- ТIад ругезул зулмучилъи. (Пачалихъалъул бутIруз гьужумал гьарулаан шаригIат босизабиялъе гIоло, Европаялъул къиралзабаз гIадин жидеего бокьухъе зулму-хIал гьабулароан).
- Нухазул божилъи гьечIолъи, транспорталъул ва коммуникациязул биххи, гIадлу гьечIолъи. (Нухал рукIана тIуранго хIинкъи гьечIел. Масала, Босниялдаса бусурбанчиясда кIолаан парахатго ва харж бахъичIого Маккаялде щвезе, нух-нухазда ругел росабалъ гьев квана-гьекъезавулаан, сордо базе бакI кьолаан, сайгъаталги гьарулаан).
- Аза-азар чагIазул гIумру босун унеб къавуда (чума), вабаъ (холера) ва гьел унтабазда данде тадбирал гьарунгутIи; кIвар бугеблъун рикIкIине ккола сахлъи цIунунгутIи.
(Киса-кирего рукIана азарханаби (больницаби) ва сахлъи цIуниялъул курортал. Мисалалъе босани, Наполеон гIусманияз сах гьавуна. Киналго бусурбаби нахърилълъуна хIурматияб хIадисалда: «Лъица божилъи гьабулеб батаниги, гьев вацIцIадав вуго»).
- Шагьаразул чIунти, лъим бачунел рогIрал гьечIолъи. (Гьел гIайибазе жавабцин кьезе кколаро. Делиялъул султIан Фирузшагьица рачарал 240 километралъулал гIебал рогIразулъан бачIунеб лъиналъ лъалъалаан ахал. Ингилисазул оккупациялъул заманалда гьел ракъварал авлахъаллъун лъугьана. ГIусманияз ран рукIарал кIалгIабазул чIунтелазцин жакъа къоялъги хIайран гьарула рикIкIен гIемерал туристал).
- ПитначагIазда ва мутIигI-лъуларезда цебе хIукуматалъул къуват гьечIолъи, жиндаса цIакъ чIухIулеб Къуръаналъул къанунал гьез цо дагьабниги тIиритIизарунгутIи, жигар гьечIолъи. (Гьез гIусманиял парангалин толел руго. Парангазул генераласе медаль щвана Сена гIурулъе чороклъи базе буюрухъ кьеялъухъ. Унго гьесда лъаларищ гьоркьоса къотIичIого рагъуе хIадурараб аскар гIуцIун букIараблъи пачалихъалъул бетIерлъун вукIарав Орхан къазица ва Йылдырым Баязет ханас гIуцIараб аскаралъ Никополалда рагъда хъанчилазул цIар араб бо гъурараблъи).
- МагIишатияб гIуцIиялъул гIодоб ккей, мискинлъи ва нахъеккей.
- Цо низамалда гIуцIараб, кидагосеб бо, аскар гьечIолъи, ярагъ гьечIолъи, бугеб яргъилги басралъи, хIалтIизабизе бегьиялдаса ин. (Унго гьесда лъаларищ гьоркьоса къотIичIого рагъуе хIадурараб аскар гIуцIун букIараблъи Орхан къазица ва Йылдырым Баязет ханас гIуцIараб аскаралъ Никополалда рагъда хъанчилазул цIар араб бо гъурараблъи).
- ЧIужугIаданалъул ихтиярал сан гьаричIого тей. (Ингилисазул бичIчIицин букIинчIеб заманалда даран-базаралъул, махщелазул, яргъил ва чIужугIаданалъул ихтияразул хIакъалъулъ, гIусманиязул гьеб кинабго цIакъ лъикIаб къагIидаялда букIана. КIолищ гьесда инкар гьабизе шведазул ва парангазул къиралзабаз гIусманияздаса кумек гьарулеб букIанин абиялдаса).
- РацIцIалъи гьабунгутIи ва антисанитария. (КъватIал рукIана рацIцIадаздасаги рацIцIадал. ГIодобе тураб жо бацIцIинецин чIезарун рукIана хасал чагIи).
(Хадусеб букIине буго)