Ингилисазул жасус
Ингилисазул жасус
(Байбихьи цересел номеразда)
Гьижрияб 1122 соналъ колониязул ишазул министрас къваригIараб ва пайдаяб баян бакIаризелъун ва гьединго исламалда рикьи ккезабизе рес кьолеб жасусазул хIалтIи тIубазабиялъул мурадалда дун витIана Египеталде, ГIиракъалде, ХIижазалде ва Стамбулалде.
Гьединго витIана ичIгоги чи. КъваригIелалъе хIалтIизабизе гIарац, лъазе кколел баянал, картаби, гьезда тIадеги халкъазул гIалимзабазул ва церехъабазул цIарал хъварал сияхIал чIезарун рукIана нижее ведомствоялъ. Секретарас къо-лъикI гьабулаго абуна: «Пачалихъалъул букIинесеб нужер бажариялда бараб буго. Гьединлъидал нужеца кIвараб хIаракат бахъизе ккола», - ян.
Дун ана Стамбулалде. Дир унго-унгояб ва аслияб борч тIубазаби гуребги, цIакъго цIакъ кIвар бугеблъун букIана дица турказул мацI камилго лъазаби, гьеб мацIалда кIалъазе бажаризаби. Гьелдаса цебе Лондоналда дица цIакъ лъикI лъазабун букIана турказул ва Къуръаналъул мацI - гIараб, гьелдаго цадахъ персазул мацIги. Амма кинаб бугониги мацI лъазаби цо иш буго, гьеб мацI хIалтIизабулеб пачалихъалда гIумру гьабулев чи гIадин кIалъай - цIакъго батIияб иш ккола.
Дида щаклъи ккелин абураб рахIатхвей букIинчIо, щай абуни, МухIаммад аварагас малъухъе, бусурбаби рукIана ракI лъикIал, ракI рагьарал, цогидазе лъикIлъи бокьулел. Турказул хIукуматалъулги, доб заманалда рукIинчIо жасусал тIатинарулел ва гьел кколел идараби.
Стамбулалде щведал, МухIаммад абураб цIаралда гъоркь дун бусурбабаз къимат гьабулеб цо мажгиталде хьвадизе лъугьана.
Бусурбабазул Аллагьасе мутIигIлъи, гьезул ракIбацIцIалъи ва такъва дие цIакъ рекIее гIуна. Цо нухалъ дица дидаго абуна:
- Щай дун гьадигIан лъикIал чагIазда данде къеркьолев вугев? Гьебищ нижее васигат гьабун букIараб нижер диналъул цевехъанас? – ян.
Амма дица хIукму гьабуна гьел пикраби нахъчIвазе ва тIадкъараб иш мухIканаб куцалда рагIа-ракьанде щун тIубазабизе.
Стамбулалда дица лъай-хъвай гьабуна гIалимчи АхIмад-афандиясулгун. Гьев вукIана недегьав, ракI бацIцIадав инсан. Гьединал чагIи нижер диналда ругезулъ дида рихьичIо. Гьесул бичIчIиялда рекъон, МухIаммад авараг вукIана бищунго камилав, лъикIлъиялъул рахъалъ бищунго тIокIав, тIадегIанав чи. АхIмад-афандияс хIаракат бахъулаан МухIаммад аварагасда релълъун вукIине. Щибаб нухалъ, аварагасул бицунаго гьесда кIолароан магIу кквезецин. Гьев чияс дида цо нухалъниги гьикъичIо дун щивин, кисайин абунги. Диде хитIаб гьабулагоги гьес МухIаммад-афандиян абулаан. Дир киналниги суалазе жавабал кьолаан, дунгун сабуралда кIалъалаан. Гьес дун рикIкIунев вукIана Турциялде хIалтIизе ва МухIаммад аварагасул къануналда мугъчIвай гьабун гIумру гьабизе гочарав чилъун. Цо нухалъ дица АхIмад-афандиясда абуна: «Дир умумул хвана. ГьечIо дир вацги. Гьанивеги вачIана хIалтIизе, гIарац балагьизе, Къуръан лъазабизе, динияб лъай щвезе», - ян. Гьеб каламалдаса гьев цIакъ разилъана ва абуна: «Гьел гIиллаби сабаблъунги дур адаб гьабизе ккола», - ян. Гьес абулаан:
- Мун бусурбанчи вуго. Киналниго бусурбаби вацал ккола.
- Мун вуго нухлулав (гочун вачIарав). Аллагьасул Расулас абуна: «Сапаралда ругел чагIазул хIурмат гьабе», - ян.
- Дуе бокьун буго хIалтIизе. ХIадисалда буго: «ХIалтIулев - Аллагьасул гьудул», - ян.
Гьесул гьел рагIабазда дун цIакъ разилъана. Ва дица дидаго абуна:
- Насранияб диналалдаги рукIаралани гьадинал гвангъарал хIакъикъатал. ГIайиб гурищха, - ян.
Амма дун гIажаиблъизабулеб хIужа букIана гьадигIан тIадегIанаб дин, гьадинал чIухIарал ва дунялалдаса рикIкIадал чагIазул кверазулъ щайдай загIиплъун унеб бугебилан. Дица АхIмад-афандиясда абуна:
- ЛъикI букIинаан дида Къуръан малъани, - ян.
Гьесги абуна кIудияб гъирагун малъилин. Ва малъизе байбихьана «Аль-ФатихIа» сураялдаса байбихьун. Хирияб Къуръан лъазабизе байбихьилалде гьес какие чурана ва дидаги абуна гьебго гьабеян. Маккаялде гьумер битIуледухъ дунги гIодов чIезавун, цIалеян амру гьабуна. ЦIаларабщинаб рагIа-ракьанде щун баян гьабулаан. Цо-цо бакIал цIализе дие захIмат букIана. КIиго соналда жаниб дица Къуръан лъазабуна лъим гIадин.
Дир цIакъ рахIат хвезабун букIана сапнал гъотIодаса гьабураб цаби рацIцIунеб гIучI хIалтIизабизе ккеялъ. Дица рикIкIунеб букIана гьеб тIил (мисвак) цабзазе ва кIалзул гьодорлъиялъе заралияб бугин. Цо-цо мехалда гьелъ дир дабал би баккиледухъ лъукъ-лъукъулаан. Амма гьелъухъ балагьичIого, кигIан бокьичIониги, гьеб хIалтIизабичIого рес букIинчIо. Щай гурони, гьезул пикруялда рекъон, мисвак хIалтIизаби ккола МухIаммад аварагасул бищунго аслиял тIадкъаязул цояб. Гьез абулаан гьеб гъветI цIакъ пайдаяб бугин.
ХIакъикъаталдаги цо заманалдаса би чвахи къотIана. Ва хутIичIо кинаб бугониги кIалдиса бачIунеб квешаб махI, гIемерисел ингилисазул кIалдиса букIунеб.
Стамбулалда вугебгIан мехалъ дица гIарцухъ сордо базе бакI ккун букIана цо мажгиталъул хIалтIухъанасул доба. Гьесда цIар букIана Марван-афанди (Марван - МухIаммад аварагасул асхIабасул цIар). Гьев вукIана цIакъ ццидахунев чи. Гьев цIакъ чIухIун вукIунаан жиндирго цIаралдаса ва дида абулаан: «Дуе вас гьавуни, Марван лъейин» - абун.
Къаси квен дие гьабулаан Марван-афандияс. Рузман къо - бусурбабазул рокъор рукIунеб къо букIиналъ, дун хIалтIуде унароан. ХутIарал къояз хIалтIулаан Халид абулев чиясда цеве, цIулал устарлъун. Дун хIалтIулев вукIана къалъизегIан. Эркенаб заманалда Халидица дие бицунаан Халид бин Валидил гIумруялъул лъугьа-бахъиназул.
Халид вукIана мекъи ккарав ва кутакалда пасатаб хьвада-чIвадиялъул чи. Щаяли лъаларо, гьесул дидехун кIудияб божилъи бижана. Живго хутIидал гьес шаригIаталде кIварго кьолароан. Амма гьалмагъзабазда цадахъ вукIаго, шаргIалъул шартIал тIуразарулаан. Рузманалъул как балаан, хутIараб жоялъул иш дида лъаларо.
Дун хIалтIулеб бакIалдаго кваналаан. Хадуб мажгиталде хIалакулаан къаде как базе ва кIиабилеб как базегIан гьенивго чIолаан. КIиабилеб как бан хадуб АхIмад-афандиясул рокъове унаан, гьениб кIиго сагIаталъ хирияб Къуръан, жегиги гIараб ва турк мацIал лъазарулаан. КIудияб махщалида дида малъулеб букIиналъухъ дица гьесие хIалтIухъ щвараб анкьил мухь кьолаан. ХIакъикъаталдаги, АхIмад-афандияс дида цIакъ лъикI малъулаан Къуръан, исламалъул чара гьечIого лъазе кколел жал, гьединго, гIараб ва турк мацIазул хаслъаби.
Дун лъади ячинчIев чи вукIин лъайдал, АхIмад-афандиясе бокьана дие жиндирго ясазул цояй кьезе. Дица гьеб нахъчIвана. Амма гьев тIаса вичIулев вукIинчIо, дун божизавулев вукIана хъизан гьаби - аварагасул тIадкъаязул цояб кколин, ракIалде щвезабуна аварагас абурал рагIаби: «Дир тIадкъаял тIуразаруларев чи дир чи гуро», - ян. Дир инкар сабаблъун гьоркьоблъи хвезе букIин бичIчIидал, дица гьесие гьереси бицана: «Дун руччабаздаса вухьарав вуго», - ян. Гьеб мукIурлъиялдаса хадуб дида кIвана нижер гьудуллъи ва бухьен щула гьабизе.
Стамбулалда кIиго сон байдал, дица абуна АхIмад-афандиясда ватIаналде нахъвуссине бокьун бугин.
- Унге. Стамбулалда дуе щиб бокьаниги буго. ТIадегIанав Аллагьас гьаб шагьаралъе шапакъаталъе кьуна дунялиялги рухIиялги лъикIлъаби. Дуца абуна дур эбел-эмен хванин, вацалги гьечIин. Гьедин бугеб мехалъ гIумру гьабизе Стамбулалдаго чIа, - ян.
АхIмад-афанди диде цIакъ ругьунлъун вукIана. Гьединлъидал гьесие бокьун букIинчIо дунгун ватIалъизе. Амма дир борч букIана Лондоналде нахъвуссине, халифаталъул тахшагьаралда хурхараб рагIа-ракьанде щвараб мухIканаб рапорт кьезе ва цIиял малъа-хъваял росизе.
Стамбулалда вугеб мехалда дица щибаб моцIалъ битIулаан колониязул министерствоялде бихьанщиналъул бицараб лъазаби. Цо рапорталда дица гьикъулеб букIана щибин гьабизе кколеб, дун хIалтIулев вугев цIулал устар Халидица гьесизавулев вугони жинсияб гьоркьоблъи гьабизе. Щвараб жавабалда абулеб букIана: «Гьелдалъун цебе лъураб мурад тIубазабизе рес щолеб бугони, разилъе», - ян. Гьединаб жаваб цIалун хадуб дун цIакъ ццидахана, тIолабго дунял тIаде бортун бачIараб гIадин лъугьана.
Гьайгьай, дида лъалаан гьеб гIодогIанасеб иш Англиялда гIатIидго тIибитIун букIин. Амма дида цебечIезабизецин кIвелароан дир тIадчагIаз амру гьабилин гьединаб жоялде ине. Щибха гьабилеб, дица суркIа ахирисеб къатIра хутIизегIан гьекъезе кколаан. БатIияб рес букIинчIо. Гьединлъидал дун сихIкъотIун чIана ва хадубги дирго борч тIубазабулев вукIана. АхIмад-афандилгун къо-лъикI гьабулеб мехалъ гьесул берал риччана ва гьес абуна:
- Дир лъимер. ТIадегIанав Аллагьас кумек гьабеги дуе. Цоги нухалъ Стамбулалде нахъвуссани ва лъани дун хун вукIин, дун ракIалде щвезаве. Дир рухIалдасан Хирияб Къуръаналъул «Ал-ФатихIа» сура цIале. Аллагьасул Расуласда цере данделъила нилъ Къиямасеб къоялъ, - ян.
Дир ракI къварилъана ва бадиса магIу бачIана. Амма дир борч рекIел асараздасаги тIадегIанаб ва цебесеб букIана.
(Хадусеб букIине буго)