Ингилисазул жасус
(Байбихьи цересел номеразда)
Динги, гIибадатги ва ункъабго мазгьабазул агьлу-суннат валь-жамагIаталъул гIалимзабазул гIакъида цо буго. Гьезда гьоркьоб щибниги батIалъи гьечIо. БатIалъи буго гIицIго диниял гIибадаталъул гIадатал, иш-пишаби тIуразариялъулъ. Гьеб лъикIабги буго бусурбабазе.
ШигIиталин абуни жидерго диналъулъ анцIила кIиго батIи-батIиял бичIчIиязде рикьана, лъугьана кьаву чIвараб ярагълъун. Гьелъул хIакъалъулъ мухIканго бицун буго «Милал ва НихIал» абураб тIехьалда. ЦIакъ живго вокьулев гIолохъанчи Наждалдаса МухIаммадица Къуръан бичIчIи нафсалда нахъги вилъун босулеб букIана (гьелъ гьев мекъи рехана). Жиндирго заманалъул гIалимзабаз ва ункъабго мазгьабалъул имамзабаз абулеб цо дагьабниги хIисабалде босулеб букIинчIо, гьелде тIадеги, МухIаммад аварагасул гIагарал чагIазул, гьесул ирсилазул, Абубакаргун ГIумарил бербалагьиял малъиего гьарулел рукIинчIо. Гьезда данде гьес Къуръаналъул аят лъуна: «Дица нужее тана Къуръан ва дир суннат», - абун. «Гьедин абуна аварагас», - ан тIаде жубалаан гьес гьелъул хабар ккедал. «Аварагас абичIо: «Дица нужее кьолеб буго Къуръан, суннат, дир тухумалъул чагIи ва мазгьабазул имамзаби», - ян. (Гьел рагIабаздалъун Наждалдаса МухIаммадица нахъе чIвалел руго хIурматиял хIадисалги, жиделъ аварагасул цересел гIагаразе мутIигIлъейилан амру гьабулел ругел). Гьединлъидал, чан нухалъ щив данде вахъаниги мазгьабаз абулелда, асхIабзабазул яги дин малъулезул рагIабазда, гьел хутIула Къуръаналъе ва суннаталъе мутIигIаллъун. Гьедин абулеб букIана Наджалдаса МухIаммадица. (Гьанже заманалда киналго исламиял пачалихъазда бецIал ва ричун росизе кIолел чагIаз, диниял хIалтIухъабилъун жалгоги рихьизарун, гIалимзаби-суннитазда тIаде гьужум гьабулеб буго. СагIудиязул ГIарабиялдаса щолеб сахаватаб мухьалъухъ беццулеб буго вагьабизм. Гьез киназго, ярагъ гIадин, хIалтIизабулеб буго Наждалдаса МухIаммадил рагIаби. Гьелдаго цадахъ, я Аварагасул цересел чагIазул хIакъикъат лъалел гIалимзаби, я ункъабго мазгьабалъул цониги имам данде кколареллъун гьечIо Къуръаналъеги хIурматиял хIадисазеги. Гьез щибниги жо тIаде жубачIо, гIицIго гьениб бугеб баян гьабун гурони. Вагьабияз, ингилисазго гIадин, бусурбабазда гьереси бицунеб буго, лъалаго мекъаб жо хIакъикъатиланги чIезабун).
ГIабдурризал рокъоб столалда нахъа гIодор чIун рукIаго, гьенивго гIумру гьабулев вукIарав Кумалдаса гIалимчи-шигIит Жавадилгун ккана гьадинаб дагIба:
Шайих Жавад:
- Нужеца ГIали мужтагьидлъун къабул гьавулев ватани, щай гьесул хIурмат гьабулеб гьечIеб шигIитаз гьабулеб гIадин?
Наждалдаса МухIаммад:
- Щайгурелъул ГIали ккола Аварагасда нахъвилълъарав, ГIумарги цогидалги кколелго гIадин. Гьезул рагIаби щибго щаклъи гьечIого къабул гьарулеллъун кколаро. Нахъе рилълъине паризаяллъун ккола гIицIго Къуръан ва суннат, гьелдаго цадахъ Аварагасул цебесеб гIагарлъиялъул рагIаби ккола инкар гьечIеллъун. Свалат-салам лъеяв МухIаммадица васигат гьабун тана гьезул бокьарасе мутIигIлъизе. (МухIаммад аварагасул камилаб сипат бихьаразда сахIабиял абула, цо-цоязда – асхIабзабиянги).
Шайих Жавад:
- Нилъер Аварагас абун букIиндал «Дун – гIелмуялъул шагьар, ГIали – гьеб шагьаралъул каваби», нилъеца ГIалидаги Аварагасул батIиял гIагарал чагIаздаги гьоркьоб батIалъи гьабизе кколарищ?
Наждалдаса МухIаммад:
- ГIалил рагIи чара гьечIого къваригIунеблъун букIарабани, абилаан Аварагас: «Дица нужее кьолеб буго Къуръан, суннат ва ГIали», - ян.
Шайих Жавад:
- РикIкIунеб буго гьеле гьедин абун бугин Аварагас. Щайгурелъул хIурматиял хIадисазул цоялда абун буго: «Толеб буго нужее Аллагьасул тIехь ва дир рукъалъул гIадамал (Аварагасул гIагарал). ГIали абуни ккола свалат-салам лъеяв МухIаммад аварагасул рукъалъул гIадамазул бищунго кIудияв».
Наждалдаса МухIаммадица инкар гьабула:
- Аварагас гьединал рагIаби абун рукIинчIо.
НахъчIвазе рес гьечIел хIужабаздалъун шайих Жавадица гIолохъанав дагIбачи чIезавула.
Амма ахирисес инкар гьабун абуна:
- Нужеца чIезабулеб буго Аварагас абунин «Толеб буго нужее Аллагьасул тIехь ва дир рукъалъул гIадамал», - ян. Кинха рукIинел, гьедин батани, Аллагьасул Расуласул ﷺ суннатгун?
Шайих Жавад:
- Аллагьасул Расуласул ﷺ суннат - Къуръан бичIчIизаби ккола. Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Аллагьасул тIехь ва дир рукъалъул гIадамал толел руго», - ян. Гьел рагIабаз жанире рачуна Аллагьасул тIехьги, гьеб тIехь баян гьабулеблъун бугеб суннатги.
Наждалдаса МухIаммад:
- «Дир рукъалъул гIадамал», Къуръаналъе тафсир батани, хIадисазе баян щибизеха кьезе кколеб?
Шайих Жавад:
- Авараг накълулъун хадуб гьесул цересезе къваригIана Къуръан бичIчIизабизе, заманалъул хIажалъабазда рекъон. Гьединлъидалин амру гьабураб Аварагас унго-унгояб Къуръан баян гьабизе кIолел, заманалъул тIалабазда рекъон, рукъалъул гIадамазе мутIигIлъи гьабейин.
Гьеб дагIба-къец дие цIакъ рекIее гIуна. Наждалдаса МухIаммад, ригьалдаса арав шайих Жавадида цеве ккана хIанчIазде чан гьабулесухъ кодоб бугеб цIорон чIараб къадако хIисабалда. Наждалдаса МухIаммад дида ватана дица валагьулев вукIарав чи. Щайгурелъул, жиндир заманалъул гIалимзабаздехун гьесулъ букIараб кIвар гьечIолъи, ункъалго халифаздехун букIараб адаб тей, Къуръан ва суннат бичIчIиялъулъ жиндирго хасаб бербалагьи букIин гIадал хIужаби гьев кодов восиялъе цIакъ рекъон кколеб букIана ва гьесул гьел цIакъ загIипал бакIаллъунги рукIана. Бегьилищ гьев живго жиндаго берцин вихьулев гIолохъанчи данде кквезе Турциялда дун цеве цIалулев вукIарав АхIмад-афандигун! Дов гIалимчи, гьесда цере рукIаралго гIадин, релълъун вукIана биххулареб кьуруялда. Кинаб бугониги къуваталда кIолеб букIинчIо гьев кьуризавизе. АхIмад-афандие къваригIиндал рухIияб бералдалъун Абу ХIанифа вихьизе, гьесул цIаралдалъун рекIее асар щвезе, какие чурулаан гьес. Какие чурулаан гьес «Бухари» абулеб хIадисазул тIехьалда квер хъвазеги.
Наждалдаса МухIаммадица абуни Абу ХIанифа рикIкIунаан загIипав чилъун ва абулаан: «Дида Абу ХIанифадаса цIикIкIун жо лъала», - ян. (Мазгьабал кколарел цо-цо жагьилал чагIаз гьанжеги гьедин рикIкIунеб буго).
ЦIакъго гьес абулаан «Бухари» тIехьалъул бащалъи - гьересияб ва пайда гьечIеб бугилан. (Гьелдасан бихьула гьесул цо дагьабниги бичIчIи гьечIолъи хIадисазул гIелмуялъул).
Хемперил тIехь турк мацIалде буссинабулаго нижеда ракIалде щвана гьаб хадуб рехсараб лъугьа-бахъин:
Дица цо лицеялда дарсал кьолаан. Дарсида дир цIалдохъабазул цояс абуна:
- Дир насихIатчи, рагъда хварав бусурбанчи, шагьидлъун рикIкIунищ?
Дица жаваб кьуна:
- Узухъда, - ян.
- Аварагасищ гьедин абулеб букIараб?
- Гьайгьай.
- Лъелъ гъанкъун хварав рикIкIунищ шагьидлъун?
-РикIкIуна. Гьелда тIадеги гьес гьабураб лъикIаб жо жеги кIудияблъун, цIикIкIараблъун ккола.
- Самолеталдаса вортун хвани?
- Гьайгьай.
- Гьелъулгийищ аварагас абулеб букIараб?
- У, букIана.
Гьеб мехалъ гьес, бергьенлъи босарав чиясул кинигин гьаракьалдалъун, ракI релъараб хьимиги гьабун, ахIун гьикъана:
- НасихIатчи, доб мехалда рукIанищха самолетал?
- Дир лъимер. Нилъер аварагасул буго 99 цIар. Гьелъул щибалъ бихьизабула гьесул камилал хасиятазул цояб.
Гьесул цIаразул цояб – ДжамигIул калим, ай цо рагIудалъун гьесда кIолаан гIемераб магIна бугеб жо абизе. Гьелеха, Аварагас абуна: «Борхалъудаса вортарав шагьидлъун ккола», - ян.
Дир гьеб жавабалъ вас хIайранлъиялде ва разилъи загьир гьабиялде вачана.
Гьаб мисалалда релълъарал гIадал бакIал гIемер дандчIвала бацIцIадаб Къуръаналда ва хIурматиял хIадисазда, ай гьенир кьун руго малъа-хъваял ва гьукъиял, гьезул щибалъулъ батIи-батIиял магIнаби гъорлъе рачарал. Гьел магIнаби рати ва гьездаса къваригIараб бищи ккола ижтигьад гьаби. Гьелъие букIине ккола кIудияб гIелму-лъай. Гьеб сабаблъун суннитаз гьукъун буго цIали-лъай гьечIез ижтигьад гьаби.
Гьеб кколаро ижтигьад тIубанго гьукъараб букIин. Ункъо гIасруялда жаниб щвалде щварав мужтагьид (гъваридав гIакълучи) цониги цеве ваккичIо, гьединлъидал ижтигьад гьабулеб гьечIо, лъугьунеб гьечIо, ижтигьадалъул каваби жалго жидецаго къана.
Дунялалъул ахир ккелалда цебе зодоса рещтIине вуго ГIиса, вахъине вуго Магьди, гьеб мехалда букIине буго ижтигьад. Нилъер Аварагас ﷺ абун буго: «Дидаса хадуб бусурбаби 73 тIелалде рикьизе руго. ГIицIго цояб гьездаса ине буго Алжаналде», - ян.
Кинабха кколеб гьеб цояб? Гьелъие Аварагас жинцаго жаваб кьун буго: «Дие ва дир асхIабзабазе мутIигIал», - ян. ХIурматиял хIадисазул цоялда буго: «Дир асхIабзаби релълъарал руго зодор ругел цIвабзазда. Гьезул киназда божи гьабуниги, хIакъикъияб нухдасан ине руго», ай Алжаналде рачунеб нухдасан.
Йеменалдаса ГIабдуллагь бин Саба абулев ягьудияс, ислам жанисан биххизабиялъул мурадалда, бусурбабазда гьоркьоб, гьезул асхIабасул агьлуялдехун (асхIабзабаздехун ва Аварагасул ﷺ халипасдехун) бугеб рокьи хурхен бихьун дагIба бижизабуна. Гьев ягьудиясул хIиллаялъул къорикье ккарал жагьилзаби лъугьана хIурматияв (ГIали) асхIабасул тушбабилъун ва гьел руго шигIитал. ХIадисазда нахърилълъарал, асхIабасул агьлу (унгоги) бокьулел гьезиеги мутIигIал абуни гьезда абуна сунниталин.
(Хадусеб букIине буго)