Ингилисазул жасус
(Байбихьи цересел номеразда)
Неждалдаса МухIаммадилгун дица лъикIаб гьудуллъи гьабуна. Дица гьев кидаго веццулаан. Цо нухалъ гьесда абуна: «Мун тIадегIанав вуго халиф ГIумаридаса ва ГIалидаса. Гьанже Авараг чIаго вукIаравани, мун телаан гьес халифлъун, гьел течIого. Дир хьул буго дуца Ислам цIигьабилин абураб. Мун гурев батIияв гIалим гьечIо Ислам тIолабго дунялалда тIибитIизабизе», - ян.
ГIабдулвагьабил вас МухIа-ммадицагун нижеца хIукму гьабуна Къуръаналъе баянал кьезе нижерго пикрабазухъги балагьун, асхIабзабазда, мазгьабазул имамзабазда ва Къуръаналъул шархI гьабулезул рагIабазда дандечIун. Нижеца Къуръан цIалулаан ва цо-цо аятазда тIасан накъит гьабулаан. Гьес, живго хIуриятчилъун вихьизавизелъун, ва дир божиялъе жеги мустахIикъавлъун вукIиналъе гIоло гъираялда къабул гьарулаан гьединал пикраби. Цо нухалъ дица абуна: «Жигьад парз кколаро», - ян.
Гьес абуна: «Кинха гьедин букIунеб, Аллагьас абун бугеб мехалъ: «Капурзабазда данде рагъе?» - ян. (Сура «Ат-Тавба», 73 аят). Дица инкар гьабун абуна: «Гьедин Аллагьас абун батани, «кьабгIун ккезаре капурзаби ва мунапикъзабиян» (сура «Ат-Тавба», 37 аят), щайха Аварагас ﷺ мунапикъзабазда данде гъазават гьабичIеб?
(«Мавагьибу ладунния» абураб тIехьалда хъван буго Аварагас ﷺ 27 нухалда жигьад гьабунин капурзабазда дандеян. КIигьумерчагIаз, мунапикъзабаз жалго бусурбабилъун рихьизарулел рукIана. Къад-къад Аварагасда цадахъ мажгиталда какал ралаан. Аллагьасул Расуласда гьел лъалелги рукIана. Амма цонигиясда Аварагас ﷺ абичIо: «Мун мунапикъ вуго», - ян. Гьезда дандеги вахъун, Аварагас гьел чIван рукIаралани, абилаан: «Свалат-салам лъеяв аварагас жиндие божел гьабурал чIвана», - ян. Гьединлъидал гьес мунапикъазда данде жигьад гьабулаан рагIабаздалъун.
Щайгурелъул жигьад, парзлъун, тIадаб жо хIисабалда гьабула черхалдалъун, боцIи-панзалдалъун ва рагIудалъун. Цебе рехсараб аяталда амру гьабулеб буго капурзабазде ва мунапикъзабазде данде жигьад гьабеян. Амма баян кьун гьечIо жигьад кин гьабизе кколебали. Нилъер Аварагас ﷺ капурзабазулгун жигьад гьабуна рагъудалъун ва мунапикъзабазулгун гьабуна вагIза-насихIаталдалъун).
Гьес абуна:
- Аварагас ﷺ каламалдалъун гьабулаан гьезулгун жигьад.
Дун:
- Жиб паризаяб тIадкъайлъун бугеб жигьад рагIабаздалъун гьабулебищ?
Гьев:
- Аллагьасул Расул капурзабигун вагъулаан.
Дун:
- Авараг капурзабигун вагъулаан гьездаса цIуниялъе гIоло. Щайгурелъул гьезие къваригIун букIана гьев гIумруялдаса ватIа гьавизе.
ТIадрекъеялъул гIаламат хIисабалда гьес бетIер гьанкIезабуна.
Цо нухалъ дица гьесда абуна:
- Заман цIан ригьин гьабизе изну кьун буго, - ян.
Гьев дандечIедал дица ракIалде щвезабуна:
- Аллагьас абуна: «Гьездасан нужее щолеб пайдаялъухъ балагьун, кье гьезие шапакъат нужеда гьоркьоб чIезабун бугеб куцалда». (сура «Ан-Ниса», 24 аят)
Гьев:
- ГIумарица, Аварагасул ﷺ заманалда букIараб кIиго лъади йикIин нахъе бахъана ва лъазабуна гьелъухъ тамихI гьабизе бугин.
Дун:
- Дуца абулеб буго ГIумаридаса цIикIкIун жо лъалин, мун абуни, гьесда нахъвилълъунев вуго. ГIумар восани, гьес абуна: «Аварагас изну кьолеб букIана, амма дица гьукъулеб буго». (ГIумарица абичIо гьедин. Ингилисазул жасусас, киналго насраниял гIадин, тIадегIанаб тухумалъул ГIумарил тушманлъун рукIаго, хIаракат бахъулеб буго гьев гIодовегIан гьавизе. «ХIужатул къатIгIия» тIехьалда буго, ГIумарица, Аварагас ﷺ гьукъараб ригьин билълъанхъинабизе гьечIилан. Халифасул гьел рагIабаздаса разилъи загьир гьабуна киналго цересел чагIаз. Гьезда гьоркьов вукIана тухум тIадегIанав ГIалиги). Щай дуца кколеб гьечIеб Къуръан ва Аварагасул хIадисал ва нахъвилълъунев вугев ГIумарида?
Гьес щибго жаваб кьечIо. Дида бичIчIана гьесие, жеги хъизан гьабичIев чиясе, аскIой чIужугIадан йокьун йигин.
Дица абуна:
- Руччабазулгун гIарцухъ ригьнал гьаризин нилъеца. (Гьединал ригьнал релълъарал руго жал хьихьаралъухъ цадахъ рукIунел руччабигун гIумру гьабиялда. ШигIитаз гьединал ригьинал хIалалаллъун рикIкIуна).
Гьелгун ихтилат-кеп гьабизин.
Гьес бетIер гьанкIана ва дица абураб къабул гьабуна.
Гьеб лъугьа-бахъин дица цIакъ пайда щолеблъун тана ва рагIи кьуна гьесие кеп букIиналъе чIужугIадан ялагьизе. Дир нигат букIана гьесул гIадамазда цебе бугеб хIинкъи бекизаби.
Амма гьес шартI лъуна гьеб нижеда гьоркьоб балъго хутIизе бугин ва чIужугIаданалда гьесул цIар дица абизе гьечIин. Дун гьеб мехалъго ана гIолохъанал бусурбаби къосинаризелъун нижер министерствоялъ гьенире цереккунго ритIарал руччаби-насраниязухъе.
Гьел руччабазул цоялда гьадинаб иш бугин бицана. Гьелъ разилъи загьир гьабидал, дица гьелъие Сафия абун цIар кьуна. Неждалдаса МухIаммад гьелъул рокъове вачана. Рокъой Сафия гурони йикIинчIо. Нижеца ригьнадул къотIи гьабуна цо анкьалъ халатбахъараб. Дир гьалмагъас гьелъие цо дагьаб месед кьуна сайгъат хIисабалда. Байбихьана нижеца Неждалдаса МухIаммад гуккизе: дица – тIасан, Сафиятица – жанисан. Сафияца гьев щулаго кверде восана. Абизе ккола, гьесиеги шаригIаталъул тIадкъаязда дандечIеялъул хъантIараб тIагIам щванин, гьебги хIакъикъат балагьиялъул ва пикру гьабиялъулъ эркенлъи щвеялъул багьанабазда нахъаги вахчун.
Гьеб ригьнал лъабабилеб къоялда дица гьесулгун халатаб накъит гьабуна мехтизарулел жал гьекъезе гьукъараб гьечIинги абун. Чан аят ва хIадис гьес далиллъун бачаниги, гьел киналго дица нахъчIвалел рукIана. Ахиралдаги абуна, язидазул, амавиязул ва гIабасидазул тухумазул халифзабаз гьеб гьекъолеб букIиналда щаклъи гьечIин. Щибаб далилалда хадуб тIадеги жубалаан: «ВитIарав вугищ мун? Щаклъи гьечIо, гьел ритIарал руго, гьезда цIикIкIун лъалаан Къуръан ва суннат. Къуръаналъги суннаталъги чIагIа гьукъараблъун бихьизабун гьечIо, гьез чIагIа рикIкIунеб буго карагьатаблъун, ай бокьани гьабизе, бокьичIони гьабичIого тезе бегьулеб жолъун. Ягьудиязул ва насраниязул тIанчазда хъван буго гьекъезе изну кьураб бугин. Киналго динал Аллагьас рещтIинарурал руго. Гьелда тIадеги ГIумарица, «Ккун чIанищха нуж киналго?» (сура «Аль-Маида», 91 аят) абураб аят рещтIинегIан жинцагоги гьекъолаан гIаракъи-чагъир. Гьеб букIарабани кьварун гьукъараблъун (хIарам), Аварагас ﷺ гьесие тамихI гьабилаан. Гьединлъидал, Аварагас ﷺ гьесие тамихI гьабичIелъул, чIагIа гьекъезе бегьулеблъун ккола».
(Иш буго гьадин: ГIумарица чIагIа гьекъолаан гьеб гьукъизегIан. Амма гьеб хIарамаб букIин чIезабуралдаса хадуб, цо къатIраницин гьекъечIо. ГIамавидазул ва гIабасидазул халифаз толеб букIинчIо чIагIа гьекъезе бегьулеблъун бугин. Гьел жалгоги фасикъал (мунагьал гьарулел чагIи) рукIиналъ бихьизабулеб буго гьез жидецагоги цо-цо гьукъараб жо гьабулеб букIин. Щайгурелъул жасусас рехсолел ругел батIиял, хириял аятазги хIурматиял хIадисазги бихьизабулеб буго мехтизарулеб жо гьекъей гьукъараб букIин. «Риязу ннасихIин» тIехьалда буго: тIоцебе чIагIа бегьулеблъун букIана. Гьекъолаан чIагIа ГIумарица, СагIад бин Вакъасица ва цо-цо цогидазги. Хадуб «Аль-Бакъара» сураялъул 219-абилеб аят рещтIиндал, гьезда бичIчIана кигIан гIемерал мунагьал жидеца гьарулел ругелали. Хадубги «Ан-Ниса» сураялъул 42-абилеб аяталда лъазабун букIана: «ЧIагIа гьекъейдал, нужеца какал раге!» - ян. Ва, ахиралдаги, «Аль-Маида» сураялъул 93 аяталда кьварун лъазабулеб букIана чIагIа гьукъараблъун букIин (хIарам). ХIурматияб хIадисалда буго: «Цодагьаб мехтиги, кутакаб мехтиги ккола хIарам» ва «ЧIагIа гьекъолевгун гьоркьоблъи гьабуге! Гьесул жаназаялде аскIоре унге! Гьесул ясал лъудбилъун рачунге ва нужералго ясал гьесул хъизамалъул чагIазе кьоге!» (сура «Аль-Маида», 91 аят) ва «ЧIагIа гьекъей ганчIил хъанчазе лагълъи гьабиялда релълъараб буго», «НагIана кьуна Аллагьас чIагIа гьекъолесе, гьеб гьабулесе ва бичулесе»).
Недждалдаса МухIаммадица абуна:
«Цо-цо биценалда рекъон, ГIумарица чIагIа гьекъолаан лъимги гъорлъе жубан ва гьев мехтулароан, гьединлъидал гьес абулаан чIагIа гьекъей хIарамаб гьечIилан». (Амма Аварагас ﷺ абун буго: «ГIемераб гьекъеялъ мехтизарулеб жо, дагьаб гьекъейги - хIарамаб буго»). ГIумарил пикру битIараб буго, щайгурелъул Къуръаналда абун буго: «Иблисалъе бокьун буго чIагIа ва би гьалаглъизарулел хIаяздалъун нужеда гьоркьоб дагIба-къец ва цоцазда рихин бекьизе ва нуж Аллагь рехсеялдаса ва как баялдаса нахъе цвизе. Гьанже нуж ккун хутIилищ?» МехтизегIан гьекъечIого чIани, чIагIа аяталда рехсарал мунагьазе сабаблъун ккезе рес гьечIо.
(Хадусеб букIине буго)