Аслияб гьумералде

Ингилисазул жасус

Ингилисазул жасус

(Байбихьи цересел номеразда)

 

ГIиракъалда вугев мехалъ цо жоялъ дир ракI рази гьабуна. Цо-цо лъугьа-бахъиназ бицунеб букIана гIусманиязул пачалихъалъе ахир гIагарлъулеб букIиналъул. Щай абуни, Стамбулалъул сардар вукIана жагьилав, хъачIав ва зулмуяв чи. Халкъ гьесдаса рази букIинчIо.

 

ШигIитазул ахIвал-хIал квешаб хIалалда букIана. Нухал рукIана божилъи гьечIел. Хъачагъаз караванал талавур гьарулаан. 

ШигIитазда гъорлъ гIемераб дагIба-къец букIана.  Жагьилъи тIибитIун букIана киса-кибего. ШигIитазул гьеб ахIвал-хIалалъ дида ракIалде щвезабулеб букIана Европаялъул ракьал цIидасан рикьиялъул заман. Диниял гIелмаби лъазарулел рухIиял хIалтIухъабиги гьелгун хурхарал цо дагьаб къадаралъул чагIиги хIисабалде росичIони, Нажафалда ва Карбилаалда азарго чиясда гъорлъ цо чиясдаса дагьав вукIана цIализе, хъвазе лъалев чи. Экономикияб рахъ тIубанго гIодобегIан ккеялъ халкъ язихълъуде ва ресукълъиялде ккана.

ХIукуматги халкъги цоцада божулел рукIинчIо. Гьединлъидал гьезда гьоркьоб цоцазе кумек гьаби букIинчIо. ШигIитазул цIаларал чагIаз суннитал какулел рукIана, кинал ругониги дунявиял ишаздаса рикIкIадги чIун.

Карбилаалдаги Нажафалдаги дица ункъо моцIгIанасеб заман бана. Нажафалда дун унтана. ХIатта сахлъилин абураб хьулцин букIинчIо. Лъабго анкьалъ вегун хадув дун ана цо тохтурасухъе.  Гьес дие кьурал дарманаз мадар гьабизе байбихьана.

Рукъалъул хважаинас дун унтун вугин сабаблъун гьитIинабго мухьалъухъ дие дарманал ва квен хIадур гьабулаан ва дие гьабулеб хъулухъалъулъ шапакъат Аллагьасдаса щвеялъухъ балагьун вукIунаан.  Щайгурелъул дица дунго вихьизавун вукIана бусурбабазул цевехъан халиф ГIалихъе зияраталъе вачIарав чилъун.  Дир унтул тIоцересел къояз тохтурас малъун букIана гIицIго гIанкIудул гьанал гьагIу гьекъейилан. АхIвал-хIал лъикIлъараб мехалъ дун Багъдадалде ана.  Нусго тIанчида хъвараб мухIканаб рапорт хIадур гьабуна Нажафалда, Хуллаялда ва Багъдадалда бараб заманалъул хIакъалъулъ. Рапорт дица кьуна Колониялъул ишазул министерстовялъул Багъдадалда вугев вакиласухъе.  Дун ГIиракъалдагойищ чIелев яги Лондоналде нахъвуссунищ вачIиневин абун, министерствоялъул амруялъухъ балагьун чIун вукIана.

Дие Лондоналде нахъвуссине бокьун букIана. Щайгурелъул чияр ракьалда гIемераб заман бан букIана.  Дун чIалгIун вукIана ватIаналъухъ ва хъизамалъухъ. Хасго бокьун букIана дирго вас Расбут вихьизе.

Гьединлъидал рапорталда цадахъ дица гьарана цо къокъабго заманалда Лондоналде вуссине изну кьейилан.

Басраялдаса Карбилаалде ва Нажафалде унелъул дун цIакъ рахIатхун вукIана Наждалдаса МухIамад дица бихьизабураб нухдаса кьурун ватилин.  Щайгурелъул гьев вукIана цIакъ хисардулев ва загIипав чи.  Дун хIинкъун вукIана дица гьесда тIад гьабунщинаб хIалтIи гIадада ккун батилин.

Ниж цоцаздаса ратIалъулеб мехалъ гьев ургъулев вукIана Стамбулалде ине.  Дица цIакъ кIудияб жигар бахъана гьев гьеб пикруялдаса вуссинавизе.

Наждалдаса МухIаммадие Басраялда чIезе бокьун гьечIеблъи бичIчIидал, дица гьесда малъана Исфагьаналде ва Ширазалда ине. Щайгурелъул гьел шагьарал рукIана цIакъ лъикIал – халкъалдалъунги шигIитаздалъунги. Гьесие шигIитаз асар гьабилин абураб хIинкъи ккезе жо букIинчIо. Щайгурелъул шигIитазул гIелмуги хьвада-чIвадиги букIана мукъсанлъи бугел.

Дица гьикъана гьесда: «Божулищ мун такъиялда (шигIитазда жаниб машгьураб жидерго дин балъго гьаби)?» - абун.

- Узухъда, - ян жаваб кьуна гьес. – Щайгурелъул цо сахIабас, гIемерал аллагьзабазда божулезул цояс гьесул эбел чIвайдал, такъия гьабуна ва ширк лъазабуна. Гьелда живго Аварагасги ﷺ щибго абичIо.

Гьеб мехалъ дица абуна:

- ШигIитазда гъорлъ такъия гьабуге ва лъазабе мун вугин суннит. Гьез дуе щиб бугониги гьабичIого букIине. Пайда босе гьезул пачалихъалдаса ва гIалимзабаздаса. Лъазаре гьезул гIадатал. Щайгурелъул гьел руго жагьилал ва тIирун чIарал чагIи.

Басра тун унаго, дица закагIат хIисабалда гIарац кьуна.  Хас гьабун гьесие чу босана. Гьедин ниж цоцадаса ратIалъана.

Гьелдаса хадуб бухьен къотIана. Ниж ратIалъана Басраялде тIадруссине къотIигун. КъотIи гьабуна, цеве ккарас ГIабдуриззал доба кагъат тезеги.

 

(Хадусеб букIине буго)

 

Барият МухIаммадова

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


Баркала кумекалъухъ

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Хунзахъ районалъул ТӀадколоб росулъа ХӀажиев ГӀалискандил хъизамалъе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе нижее хӀажалъи ккедал кумекалъе ратарал гӀадамазе.   Исана 13 июналда цӀаги рекӀун нижер мина,...


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...