Аслияб гьумералде

Къуръаналъул ракI

Къуръаналъул ракI

Къуръаналъул ракI

Мажгитазда, рогьалил какда хадуб, суратул «Ясин» цIалулеб гIадат буго Дагъистаналда. Гьединго гьеб сура цIалула хвел гIагарлъарасде тIадеги. Жеги гIадатлъун лъугьун буго «Ясин» радал хабаде индалги цIалулеб.

 

Даримияс бицараб хIадисалда буго: «Радал «Ясин» цIаларасе бигьалъи кьела (гьесул гьабуле-толелъе бигьалъи щвела) къаси мех щвезегIан. Сардил авалалда цIалани, сардилъ гьабулелъе бигьалъе щвела рогьел баккизегIан», - ян.

ХIурматиял бусурбаби, гьадинаб кумек гьабуле-толелъе «Ясин» цIаларав чиясе букIунеблъи гьелъул хIалбихьараз бицун лъалеб жо буго. Гьелда щаклъи букIинеги бегьуларо. Нагагь бугев чи ватани, хIалбихьизеги гьесие лъицаго гьукъун гьечIо.

Хвалилъ вугесда аскIоб «Ясин» цIали. Хирияб хIадисалда буго: «Нужеца нужерго хвалилъ ругезде цIале «Ясин», - ян. Гьеб тасдикъ гьабуна имам АхIмадица сахIихIаб иснадалдалъун бицаралъги.

ТабигIиназул къокъаялъ бицана жидеда вихьанила Гъазиф бин ал-ХIарис ас-Самали абураб сахIабияв хвалил боснов. РухI бахъи гьесие кутакалда захIмалъидал, гьес абунила гьечIищ нужеда гьоркьов «Ясин» цIализе лъалев чи абун. СалихI ас-Сукутица цIаланила гьеб. «Ясиналъул» кIикъоабилел аятазде щолаго, Гъазифил рухIги босанила. 

Жинда Аллагьа гурхIаяв ибну Касирица бицун буго, гIалимзабазул цо бутIаялъ абунин, «Ясиналъул» хаслъабаздасан кколин кинаб бугониги захIматаб хIалалда аскIоб гьеб цIалани, гьеб иш бигьалъи. Хвалилъ вугесда аскIоб цIалулагоги рахIмат рещтIун, гьесие рухI бахъизе бигьалъи щолин. Гьединлъидалин Бичасул аварагасги ﷺ абураб, нужерго холезда аскIоб «Ясин» цIалеян.

Бичасул аварагас ﷺ цогидаб хIадисалда абун буго: «Щибаб жоялъул буго ракI. Къуръаналъул ракI сурату «Ясин» буго. Гьеб цIаларасе щола тIубараб Къуръан анцIго нухалъ цIаларабгIанасеб кири», - ян. ГьедигIан хирияб сура буго «Ясин». Гьелда жанир руго Бичасул аварагасул ﷺ, Маккаялда гьев чIвазелъун, гIолохъабаз рукъ сверун ккун букIаго, хъатинибе салиги босун, тIаде цIаларал аятал. Гьеб сали тушбабазде рехидал, киналго кьижунги ккун, Бичасул авараг ﷺ сах-салатго гьениса къватIиве ворчIана ва Мадинаялде гочана инсул минаги тун. Гьел аяталги ккола:

 

 وَجَعَلْنَا مِن بَيْنِ أَيْدِيهِمْ سَدًّا وَمِنْ خَلْفِهِمْ سَدًّا فَأَغْشَيْنَاهُمْ فَهُمْ لَا يُبْصِرُونَ

 

Цо захIматаб бакIалде ккарас яги цонигиязда жив вихьичIого вукIине бокьарас гьеб аят цIалани, гьесул мурадалда рекъон гIемерисеб лъугьуна.

«Ясиналъул» хиралъи бицараб цоги хIадисалда буго, Аллагьасе гIоло бацIцIадаб нияталда къаси «Ясин» цIаларав чиясул мунагьал чурулин абун. Щибаб сордойил «Ясин» цIалиялда даимлъунги вукIун чи хвани, шагьидасул хвел щолин абунги буго цогидаб хIадисалда.

Нилъер гъира букIуна «Ясин» рекIехъе лъазабизе. ХIатта лъималазе къиматал сайгъаталцин кьола гьеб ракIалдасан лъазабуни. Гьелъул хIакъалъулъ Бичасул аварагас ﷺ абун буго: «Дие бокьила «Ясин» щивав муъминчиясул ракIалда букIине», - ян.

Аллагьас кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе.

 

 

ХIайдар-хIажи Сахратулаев, МахIачхъала

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....