Аслияб гьумералде

Ракъиялъул пайда, гIорцIиялъул зарал

Ракъиялъул пайда, гIорцIиялъул зарал

Ракъиялъул пайда, гIорцIиялъул зарал

Абула ракъи бугин Аллагьасул ﷻ хазинабазул цояб, жиндалъун Гьес рокьулел лагъзазул хIалбихьулеб. Аварагас ﷺ абун буго: «Чиясул бидурихьазулъ иблис хьвадула, гьел нухал данде къазаре ракъиялдалъун», - ин абун (ибну Абу Дуня).

 

Абу Сулайман ад-Дарамияс абун буго: «Къаси кваналеб квен лъугIизабичIого тезе дие цIикIкIун бокьула (гIемер кваначIого абураб магIнаялда), сардилъ гIибадаталъе тIаде вахъиналдасаги», - ян.

Дунялалъул кIулал - гIорцIи, ахираталъул кIулал - ракъи бугин аби буго. ГIемер кванаялъулъги гIорцIиялъулъги гIемераб зарал буго черхалъегун гьабулеб гIамал-гIибадаталъе. Гьелъ хвезабула сахлъи, ракIалда жо чIей дагьлъизабула, макьу цIикIкIинабула, БетIергьанасе ﷻ гьабулеб гIибадат дагьлъизабула, шайтIангун напсалъ кверщел гьабула, Аллагьасдаса ﷻ жив рикIкIалъула.

Ракъун чIеялъулъ ругел пайдаби гIемерал руго. Масала, рекIеда нур бай, гIакълугун цIодорлъи цIубай, черх тIадагьлъи, дагьаб бугониги макьу гIей, шайтIан-иблисалдаса рикIкIалъи, Аллагьасде ﷻ гIагарлъи.

Имам Гъазалияс «Ал-арбагIин фи усулу ддин» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Чиясул диналъе бищун заралияб жо буго цIураб чехь. Щай абуни, гьеб буго кинабниги гьава-шавкъ, гIищкъу-хIасрат бергьиналъе аслу», - абун. Аварагасул ﷺ лъади ГIаишатица абун буго: «Авараг ﷺ накълулъун хадуб тIоцебе баккараб жоялдасан (бидгIаялдасан) букIана цIикIкIун кванай», - ян.

ГIорцIун ругеб заманалда гIадамал машгъуллъула дунялиял лазатал росиязде, чIухIи чорхолъ бижиялде, цоцазде жахIда-хIусуд баккиялде, жалго жидедаго лъикIаллъун рихьиялде ва гьездаго релълъарал какарал тIабигIатазде.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «…Нужеца (хIалал гьабураб) кванай ва гьекъе, амма исрап гьабуге, Гьесие ﷻ исрап гьабулел чагIи рокьуларо», - ян (суратул «АгIраф», 31 аят).

Гьадинал аятал Къуръаналда рещтIиналдалъун Аллагьас ﷻ МухIаммадил ﷺ уммат ахIулеб буго гIемер кванангутIиялде. ГIемер кванайги исрап гьаби кколелъул.

ГIали ибну ХIасаница абунин «Тафсирул КъуртIубиялда» хъван буго: «Гьеб аяталъулъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кинабниги тохтурлъи, дару гьаби рехсана», - абун.

Аллагьас ﷻ чиясул кванирукъ бижун буго хасаб къадаралда ва хасаб бакIалда. Нилъеца гIемер кванан, гьекъон цIезабураб мехалда гьеб гIатIилъула цинги аскIор ругел ургьимесазде тIадецуй гьабун, жиндие бихьизабураб бакIалдаса къватIибе бачIуна. Гьедин бачIараб мехалда кванирукъалъ тIадецуй гьабула ракIалде, гьелъул хIасилалда рекIел кьаби хьадарлъула. Ялъуни тIадецуй гьабула бакьазде, цинги гьеб сабаблъун ккола батIи-батIиял унтаби раккиялъе.

Бусурбабазул цевехъан ГIумар ибну ХIатIабица абун буго: «ЦIуни гьабе чехь квандалъун цIезабиялдаса, гьелъ черх хвезабула, унтаби тIаде цIала, гIибадат гьабиялъулъ кIухIалаллъун лъугьинарула. ТIалаб гьабе гьоркьохъеб хIал (гIорцIизегIан кванаге), гьеб нужер сахлъиялъе лъикIаб буго, исрап ккеялдаса рикIкIадабги буго», - ян.

Аварагас ﷺ баян гьабун буго кигIанасеб къадар кванил кваназе лъикIаб бугебин абураб масъала. ХIадисалда буго: «Адамил лъималаз кванирукъалдаса квешаб жо цIезабичIо. Адамил лъимаде мугъ битIизелъун (жиндир ишал тIуралевлъун вукIине) гIей гьабула кванил чанго лукъмаялъ. ЦIикIкIун кванаялде хIажалъи бугони, те абе кванирукъалъул цо бутIа квание, кIиабилеб - лъималъе, лъабабилеб - хIухьел цIазе гьаваялъе», - ян (Тирмизи).

НекIо вукIарав местIер ибну Масавайхица абун буго: «ГIадамал гьаб каламалда, ай рехсараб хIадисалда нахърилълъунел рукIаралани, гьел цIунараллъун рукIинаан киналниги унтабаздаса ва азарханабиги рукIинаан чIорого», - ян.

Аллагьас ﷻ бичIчIи кьеги щивасе пайдаяб гьабизе, заралияб тезе ва Гьев ﷻ разияб гIамал гьабун гIумру тIамизе! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Муфтияталда тӀобитӀана психологазулгун дандчӀвай

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана психологиялъул рахъалъ церетӀурал специалистазулгун дандчӀвай. Гьениб гьоркьоб лъуна жакъасеб жамгӀияталда психологиялъул бугеб кӀваралда хурхарал суалал. Бицен гьабуна психология кӀвар бугеб ва тӀалаб цӀикӀкӀараб рахъ букӀиналъул, гьеб рахъалъ махщелчагӀаз гьабулеб...


НухIил тIупан

НухӀ аварагасул заманалда тIолабго дунялалдагойищ тIупан тIун букӀараб? ГӀемерисел гӀалимзабазул ва Къуръаналъул тафсирчагӀазул пикруялда рекъон, тӀолабго дунялалдаго тIупан тIун букӀун буго. Гьелъие далил хӀисабалда гьез рачана гьеб лъугьа-бахъиналъе сипат гьабулел аятал.   ТIадегIанав...


Аварагасул ﷺ гIибадат

Аварагас ﷺ гIибадаталда тIадчIей гьабулеб букIана. ГIемер тIадчIей гьабураб гIибадатазул цояб ккола кIалкквей. ГIабдуллагь ибн Шакъикъидасан бицана: «Дица ГIаишатида гьикъана Аварагасул ﷺ кIалалъул хIакъалъулъ.   Гьелъ абуна: «Гьес кIал гIемер кколаан, хIатта нижеца абизегIан:...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирслъун кколеб гIелму тIалаб гьабизе беццараб буго. ХIаракат бахъила Къуръан цIализе, азарго хIадис лъазабизе ва нус-нус тIехь цIализе.   Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун вукIине ккани, гьеб киналдаго цадахъ, хирияв Аварагасул ﷺ берцинал тIабигIатал лъазарила ва гьезда рекъон...


Сахлъиялъе зарал гьечIеб тIагIам

Инсанасул сахлъи бараб буго квана-гьекъолеб жоялда. Гьаб заманин абуни буго кванилъ химия гIемерлъараб мех. Гьединлъидал цIакъ захIмалъулеб буго экологиялъул рахъалъ рацIцIадал кванил нигIматал ралагьизе. Ленинкет поселокалда гIумру гьабун вугев Шамил районалъул Гьоориса ХIасаница рагьун буго...