Аслияб гьумералде

КIал кквей - нуж сахлъила

КIал кквей - нуж сахлъила

КIал кквей - нуж сахлъила

Гьаб ракьалда тIад БетIергьанас гIадамал рижун руго батIи-батIияллъун. Щивасул буго жиндаго хасаб сахлъи ва къаркъала. Гьабгощинаб гIалам бижараб гIечIого, берцинго хьихьунги руго.

 

Жиндир гIумруялъул гIемерисеб замангун магIишат инсанас харж гьабула сахлъи щула гьабиялъул мурадалда. Бокьараб гъин къурбан гьабизе хIадурав вуго инсан живго цIунизелъун ва цо къоялъги гIумру халат гьабизелъун.

Гьайгьай, кьун руго БетIергьанас сахлъи бачIинабиялъе ва бугеб цIуниялъе гIемерал дарманалгун сабабалги. Гьезда гьоркьоса ккола хирияб хIадисалда бугеб: «Нужеца кIал ккве - нуж сахлъила», - ян абурабги.

КIал кквеялда сверухъ гIемераб калам букIуна халкъалда гьоркьоб. КигIан цIикIкIараб унти бугониги, кIал кквеялдалъун черхалъе кигIанго зарал кколеб бугониги, гьеб биччазе разилъуларел гIемерал рукIуна. Жеги камуларо цо гьитIинабго сакъатлъи бугони, кIал кколарелги.

Нилъеда лъала сахлъи цIуниялъе черх бакъизабиялъ лъикIал хIасилал кьолеблъи. Цо моцIалъ бусурбабаз кколеб кIалалъ сахлъиялъе пайда гьабулин тохтурзабаз чIезабунги буго.

Гьаб макъалаялда бокьун буго кIал кквеялдалъун, ай черх бакъизабиялдалъун инсанасул сахлъиялъе кколел пайдабазул бицине.

КIал кквей сабаблъун ккола гIумру халалъиялъе. Тохтурзабаз абула кIал кквеялдалъун инсанасул клеткаби цIилъулин ва гьезул хIалтIи лъикIлъулин абун.

Инсанасул гIадалнахул хIалтIи лъикIлъула. Инсан кидаго кваналев вукIиналъ гIадалнахул хIалтIиялда жанир жагъаллъи ккезе рес буго. Черх бакъизабураб заманалда ккарал хиса-басияз лъикIал хIасилал кьола гIадалнахул хIалтIиялъе. ГIелмуялъ чIезабун буго черх бакъун бугони бетIер лъикI хIалтIулин абун.

РекIел унтаби дагь гьариялъеги кумек гьабула черх бакъизабиялъ.

Чорхолъе ккарал заралиял жал рацIцIад гьаризеги кумек буго кIал кквеялъул.

Гьединго, хIалакълъизе бокьаразги гьелдаса пайда босула. Масала, тIубараб къоялъ квен щолеб гьечIони, черхалъ хIалтIизабула, хIажат ккараб заманалдеян нахъе цIунун букIараб, беэнлъи. Гьелъул хIасилалда хIалакълъула, гьединго, кьаралъиялда цадахъ рукIарал токсинал чорхолъа иналъеги кумек ккола.

ТIомол унтабазеги кумек гьабула кIал кквеялъ. ХIатта тIом цIилъизабиялъецин квербакъула.

Иммунитет щула гьабула. ЗахIматаб квен кванаялъ къо бихьизабулеб букIараб черх, ай кинабго къуват кванил тадбир гьабиялде биччан загIиплъун букIараб гьеб, бакъизабиялдалъун эркенлъиги щун, иммунитет щулалъиялда тIад хIалтIула.

Гьаб заманалда цIакъго тIибитIун буго рак унти. Гьелъиеги черх бакъизабиялъ кумек гьабулин абулеб буго тохтурзабаз. Ракалъул клеткабазе тIагIам щвечIони, гьел загIиплъулила ва тIуранго холила.

Хириял диналъул вацалгун яцал, цо хасаб унти бугев чияс тохтурасда дандбан гьабизе ккола кинабго дару. Нилъго лъикIал лъугьун гьабураб дару кидаго гурелъулха битIун кколеб. Гьединго, кIал биччалаго кванил хIисаб хун рукIинеги бегьуларо. Гьедин гIадлу хвезабуни, чорхое пайда киса букIунеб, жеги заралцин ккезе рес буго.

 

ГIабдулхIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...