Аслияб гьумералде

ХIадисазул амирул муъминин

ХIадисазул амирул муъминин

Суфян бин СагIид бин Масрукъ ас-Саври гьавуна Куфаялда гьижрияб 97-абилеб соналъ.

 

Имамасе тарбия кьеялъулъ кIудияб бутIа лъуна эбелалъ. Гьелъ гьев мугIалимасухъе витIулелъул, абулаан: «Я дир вас, анцIго хIадис хъвараб мехалъ, мун балагье Аллагьасукьа хIинкъи, хIалимлъи цIикIкIунеб бугищали. Гьедин гьечIони, гьелдаса дуе пайда букIунареблъи лъай», - ян.

Къиямасеб къоялъ инсанас ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цебе жаваб кьезе буго лъараб гIелмуялда гIамал гьабичIони. Гьебги бичIчIун нилъер гIалимзабаз кIудияб кIвар кьолаан Аллагьасе ﷻ гIоло гьеб гIелму тIибитIизабизе ва гIамал гьабизе.

Суфян ас-Саврияс абуна: «Дица гIумруялда жаниб цо нухалданиги гIамал гьабичIеб хIадис течIо», - ян. Цо-цо баяназда рекъон, гьесда лъалеб букIун буго 300 азарго хIадис.

Васас гIелму цIализе байбихьидал, эбелалъ гьесда абула: «Я дир вас, гIелму тIалаб гьабе, дица хьихьила мун дие щолеб хайиралдалъун», - ян. ГьитIинаб мехалда гьев инсуца гIемер вачунаан хIадисазул гIалимзабазул мажлисазде. Суфян ас-Саврияс гIемерал гIалимзабаздаса гIелму босана. Абула гьесул 600-гIанасев мугIалим вукIаниланги.

 

Имамасул хIакъалъулъ гIалимзабазул калам

Гьеб заманалъул гIалимзабаз, мисалалъе, ЯхIя ибну МагIиница, ШугIбатица, ибну ГIуяйнатица имам Суфян ас-Саврие цIар кьуна «амирул муъминин фил хIадис» (хIадисазул муъминзабазул амир) абун.

Гьесул хIакъалъулъ ибну ГIуяйнатица абуна: «Диналда жаниб хIалаллъиялъулгун хIарамлъиялъул Суфян Савридаса цIикIкIун лъалев чи дида вихьичIо», - ян.

Машгьурав гIалим ибну Мубаракица абуна: «Дица лъай босана азаргоялдаса цIикIкIун гIалимчиясухъа, амма Суфян Саврияв гIадав лъикIав чиясухъа лъай босичIо», - ян.

Гьесго абуна: «Дида лъаларо Суфян ас-Савридаса гIелму бугев чи», - ян.

 

ГIелмуялъул ва гIалимзабазул хIакъалъулъ

Суфян ас-Саврияс абуна: «ГIелму инсанасе квана-гьекъеялдаса цIикIкIун къваригIуна», - ян.

Гьединго абуна: «Паризаял гIамалаздаса хадуб гIелму щвеялдаса къиматаб жо гьечIо», - ян. Цоги абуна: «Нилъеца нилъерго лъимал хIадис цIализе тIамизе ккола, Къиямасеб къоялъ гьелъухъ нилъеца жаваб кьезе бугелъул», - ян.

ХIадисалда буго: «Уммат хIалуцараб мехалда дир суннаталда тIадчIарав чиясе нусго шагьидасул кири букIуна», - ян. Жеги буго: «Къиямасеб къоялъ бищун кIудияб гIазаб гIелмуялдаса пайда босичIев гIалимчиясе букIине буго», - ян.

Щаклъи гьечIо, хIадисалда бицунеб нилъер заман букIин. Амма эбел-инсуца лъимал хIадисал лъазаризе тIамуни ва гьезда гIамал гьабизеги ругьун гьаруни, хьул буго, хIадисалда бицухъе, кири щвеялда.

Суфян ас-Саврияс абуна: «Квешал гIамалал унтаби ккола. ГIалимзаби дараби руго. Дараби хвани кин нилъеца унтаби сах гьаризе ругел?» - ян.

 

Имамасул гIибадат

Ибну Вагьбица бицана: «Дида Суфян ас-Саври вихьана мажгиталда маркIачIул какдаса хадуб суждаялда ва гьес бетIер борхичIо боголил как ахIун гурони», - ян.

ГIали ибн Фузайлияс бицана: «Дида вихьана Суфян ас-Саври суждаялда чIун, дица КагIба сверун тIаваф гьабулеб мехалъ. Анкьго нухалъ КагIба сверана, гьес бетIер борхизегIан», - ян.

 

ДагIваталде ахIи

Аварагасда ﷺ гьикъидал бищунго лъикIав чи щив кколевилан абун, гьес жаваб кьуна: «ГIадамазул бищун лъикIав ккола бищунго лъикI Къуръан рекIехъе лъазабулев, Аллагьасдаса бищунго хIинкъулев, лъикIал ишал гьаризе бищунго гIедегIулев ва квешлъиялдаса гьукъулев, гIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи цIунулев», - ян.

ЛъикIаб гIамал гьабизе ахIиялъул ва квешал гIамалаздаса гьукъиялъул бицани, гьеб заманалда Суфян ас-Савридаса жигар бахъулев чи вукIинчIо.

 

Ахирисел къоял

Суфян ас-Саври къадаралде щвана гьижрияб 161 соналъул шагIбан моцIалъ.

Хун хадув гьев макьилъ вихьарас гьесда гьикъула бищун лъикIаб жо щиб батарабилан. Суфяница абула Аварагасул ﷺ хIадисалин абун.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Телефоназул унти

Жиндир хIакъалъулъ гIемер бицунеб унти ккола телефоназда нилъ рараллъун рукIин.   Нилъер лъималги цIакъго унтун руго гьеб унтиялъ. Гьединаб унти букIин загьирлъула: Смартфоналдаса ри-кӀкӀад ругеб мехалда яги гьеб кIочон хутIани ургъалабазулъе ккей. Телефоналде гIемер халгьаби. Цо-цояз...


Шайих Ахlмад-афанди

Дагъистан гвангъараб Файизалъул нур, Дуниялго цIураб Иршадалъул бакъ. ГIаламго баччарав Къуватав устар, ХIакъалде ахIулев ГIелмудал ралъад. Дир хирияв устар, АхIмад-афанди. ХIакъаб иршадалъул Камилав устар. Нижер ургъел гьабун ГIумру кIочарав, Нижер ургъел гьабун Гьарделев...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?     Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?   ГIали, МахIачхъала   ГIалимчиясул жаваб Бокьараб...


Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула, Сон хехго бачIуна, херлъун ватула. (Инхоса ГIалихIажи)   Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI,...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирслъун жиб кколеб гIелму тIалаб гьабидал, Къуръан рекIехъе лъазабидал, нус-нус тIехь цIалидал, вукIунищха гьев чи Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун? Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун вукIине ккани, гьеб киналдаго цадахъ хирияв Аварагасул ﷺ тIабигIатал лъазарун ва жинцагоги гьездаса мисал босун...