Аслияб гьумералде

Сагьл ат-Тустари

Сагьл ат-Тустари

Сагьл бин ГIабдуллагь бин Юнус гьавуна гьижрияб 200-абилеб соналъ Хорасаналда, гьанжесеб Ираналда бугеб Тустар шагьаралда.

 

Лъабго сон барав Сагьл, къаси вахъун, жиндирго имгIал МухIаммад бин Саварица как балеб куцалъухъ балагьулаан. ИмгIаласги гьесда абулаан: «Сагьл, дуца дида ургъел чIвазабулеб буго, мун кьижизе а», - ян. Амма Сагьл щибаб нухалъ вачIунаан.

Цо къоялъ имгIалас гьесда абула: «Мун вижарав Аллагь ﷻ  дуца рехсолищ?» - ян Сагьлица гьикъула: «Кин дица Гьев рехсезе кколев?»- ян. ИмгIалас абула: «КьижизегIан цебе лъабго нухалъ ракIалъ абе: «Аллагь дида цадахъ вуго, Аллагь дихъ валагьун вуго, Аллагь дихъ халккун вуго», - ян. ИмгIаласул насихIаталда нахъвилълъун гьел рагIаби Сагьлица такрар гьарулаан.

Лъабго къоялдаса хадуб имгIалас гьесда тIадкъана гьел анкьго нухалъ такрар гьареян. Ва чанго къоялдасан - анцIила цо нухалъ. Сагьлица абула: «Гьанже дир рекIелъе Аллагь ﷻ  рехсезе гьуинлъи бачIана», - ян.

ЛъагIел индал имгIалас нахъеги абула: «Дица малъараб жо киданиги рехун тоге, мун хабалъе лъугьинегIан Аллагь рехсей тоге», - ян. Сагьлица гьедин Аллагь чанго соналъ рехсана, гьелдалъун гьесие щвана божизе кIолареб талихI. Цинги цо къоялъ имгIалас абула: «Я Сагьл, Аллагьасда аскIов вугев, Аллагь жиндихъ валагьулев, Аллагьасда вихьулев чияс кин мунагь гьабизе рес бугеб? Мунагьаздаса цIуне!» - ян.

Сагьлие Аллагь ﷻ  рехсезе цIакъ бокьулаан, хIатта гIелбащадаздаса рикIкIад чIолаан, гьез жив Аллагь ﷻ  рехсеялдаса махIрум гьавизе гурин хIинкъун.

Къуръан цIализе мадрасалде витIулеб ригьалде вахиндал, мугIалимасда имгIалас гьарула гьесие хасаб заман чIезабеян. Бихьизабураб заманалда дарсалги росун, гьебсагIатго рокъове тIадвуссунаан. Гьедин цIалун анкьго соналде вахиндал, Къуръан рекIехъе лъазабула.

 

ГIемер кванай – тохлъиялъе кьучI

Суфияз абула жидерго шагьват нахъчIвазе бажаруларел чагIазда Аллагь рехсеялъул хIакъикъат бичIчIуларин. Гьезда киданиги лъазе гьечIо ритIухъал чагIазе щолеб рохелги талихIги. Гьелъ живго цохIо вукIун Аллагь ﷻ  рехсей захIматаб жолъун лъугьуна. Гьединлъидал цохIо вукIун Аллагь рехсеялъул рохелги лазатги лъазе бокьарав чияс байбихьизе ккола жидерго шагьватал нахъчIваялдаса. Гьеб нухалъул байбихьилъун ккола дагь кванай.

Сагьлица абуна: «ТIадегIанав Аллагьас Жиндирго сахаватлъиялдалъун жидерго шагьватазе мутIигIлъарал гIадамазул лъикIал гIамалал нахъе рахъичIо яги гьезие лъикIал гIамалал гьаризе гьукъичIо, амма Аллагьас ﷻ  гьезул ракIал махIрум гьаруна ритIухъал чагIазе щолеб жоялдаса, ай рохалидаса ва лазаталдаса. Гьел вализаби жидее хIажатаб жоялда гIей гьабун чIола ва хIалалаб гурони тIалабги гьабуларо».

Сагьлица абула: «ГIемер кванай ккола кIвар гьечIолъиялъул аслу», «ГIелмуги гIакълуги ракъиялдасан щола, мунагьалги жагьиллъиги гIемер кванаялдасан бачIуна», - ян.

Гьединго, Сагьлица абуна: «Жиндир квен хIарамаб бугев чиясул ракI Аллагьасдаса ﷻ  рикIкIад гьарулел пардаваздасан бацIцIалъуларо, кинабго рахъаздасан талихIкъосиназ сверун ккурав вуго, я какалъ, я кIалалъ, я садакъаялъ гьесие пайда кьоларо», - ян.

Сагьлица абула: «ХIарамаб квен кванарав чиясул лугбуз мунагьал гьарула, бокьаниги бокьичIониги, лъаниги лъачIониги», - ян.

Гьал насихIатаз нугӀлъи гьабула муъминчи хӀарамаб квандаса рикӀкӀад чӀезе ккеялъе.

ГьитӀинаб къоялдасаго Сагьл ругьун гьавуна ракъиялде ва кӀал кквеялде. Къойида жаниб цо нухалъ гурони кваналароан, гьебги рогьиналде цебе. Гьесул рагӀабазда рекъон, цо гӀарцул гъурущ гӀолаан гьесие тӀубараб лъагӀалица кваназе.

КӀудияв гӀедал живго ругьун гьавула щибаб кӀиго къоялъ цо квен кваназе, хадуб - щибаб лъабго къоялъ, щуго къоялъ, ичӀго къоялъ… Гьединаб къагӀидаялда гьес дагь-дагьккун кваначӀого хутӀулел къоязул къадар къоло щугоялде бахинабула.

 

ГӀелму тIалаб гьаби

Сагьлица 13 сон сон байдал, шагьаралда лъиданиги жаваб кьезе кӀолареб суал баккула. Гьес гьарула жив Басраялде витӀеян, амма гьенибги лъихъаго жаваб кьун бажаруларо. Сагьлида рагIула Абадан абураб бакIалда вугин кумек гьабизе кӀолев чиян. Гьев Абаданалде уна, Абу ХӀабиб ХӀамзатихъе щвезе. Гьес гьесул суалалъе жавабги кьола.

Сагьл гьесул мутагӀиллъун вахъуна ва гьесдаса кӀудияб пайда босула.

Гьев дандчӀвана доб заманалъул машгьурал гӀалимзабигун ва вализабигун. Гьезда гьоркьор рукӀана суфиязул кӀудияв имам Зу Нунги.

 

Суфиязул нух

Сагьлица абула: «Лъабго жо нилъер нухалъул кьучӀлъун ккола: гӀицӀго хӀалалаб, бацӀцӀадаб квен кванай, яхӀ-намусалъулъги гӀамалалъулъги Аварагасда ﷺ нахърилълъин, киналго ишазулъ нияталъул ракӀбацӀцӀалъи».

Гьединго абуна: «Нилъер нухалъул кьучӀлъун ккола анлъго жо: Къуръаналда нахъвилълъин, Аллагьасул Аварагасул ﷺ нухда хьвади, хӀалалаб квен кванай, лъиениги зарал гьабиялдаса рикӀкӀад чӀей, мунагьаздаса рикӀкӀалъи ва гьездаса тавбу гьаби, тӀадаб иш тӀубай».

Сагьлица абула: «Тасаввуф гӀелму яги гӀадат кколаро. Тасаввуф ккола тIабигIат», - ян.

 

Ахирисел къоял

Сагьл хведал гьев тIовитIизе къватӀибе бахъана гӀемераб халкъ. Халкъалъул ахӀи-хӀурги рагӀун, шагьаралда гӀумру гьабун вугев цо жугьутӀав къватӀиве вахъуна щиб ккарабали цIехезе. Сагьл хун вугин абидал, гьес абула: «Дида бихьулеб буго зобалазул агьлу гьесда квер хъвалел», - ян. Гьелдаса хадуб гьес исламги къабул гьабула.

Сагьл ат-Тустари нилъедаса ватӀалъана гьижрияб 283-абилеб соналъ.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...