Аслияб гьумералде

БитIараб нухда цIвабилъун ругел

БитIараб нухда цIвабилъун ругел

БитIараб нухда цIвабилъун ругел

ГIалимзаби ккола халкъ битIараб нухда тIоритIулел чагIи. Хирияв Аварагас ﷺ гIалимзаби жиндир ирсилал ругинги абуна. Щайин абуни, Аварагас ﷺ жиндаса хадуб бечелъи нахъе течIо, гIелму тана. Аварагас ﷺ нахъе тараб гIелму бикьулел чагIи ккола гIалимзабиги. Гьезул гIумруялъулъги ккана гIажаибал лъугьа-бахъинал.

 

Сайид АхIмад РифагIи

Сайид АхIмад РифагIи Багъдадалъул рухIияв цевехъан ккола. Цо нухалъ гьес дарс кьолеб мехалъ цIалдохъабазда гьикъула: «Нужеда дидаса гIунгутIи бихьани, хехго лъазабе гьеб хисизабизе ва хадуб гьабичIого букIине. Гьенир рукIарал цIалдохъаби сас тун чIана, гьесул гьезда гIунгутIаби рихьичIого рукIиналъ. Амма цо цIалдохъанас, кверги борхун, абула: «МугIалим, дида дудасан кIудияб цо гIунгутIи бихьана», - ян. Шайихас абуна: «Абе дир вас, дица хIаракат бахъила гьеб хисизабизе», - ян. Цинги цIалдохъанасул бадиса магIу бачIуна ва абула: «Дур кIудияб гIунгутIи ккола ниж гIадинал мунагьал цIурал чагIи дуца цIалдохъабилъун роси», - ян. Гьел рагIабазда хадуб киналго сихIкъотIун чIана. Дагьаб хадуб АхIмад РифагIияс абула: «Дун мунагьазул цIурав чи вукIин бичIчIарав цIалдохъан, дун гьечIеб мехалъ дир бакIалда дица дарсал кьезе тола. Щайгурелъул, дун мунагьал цIуразда гьоркьоса дица рикIкIуна», - ян.

Балагьеха, диналъул вацал ва яцал, гьадинал чIахIиял гIалимзабаз ва шайихазбаз жал кин рикIкIунел рукIарал? Гьез нафс тIадегIан гьабичIо. Нафс тIадегIан гьабурав чи гIодовегIанлъула, нафс гIодобегIан гьабурав чи Аллагьас ﷻ тIадегIан гьавула.

 

ГIабдуллагь ибн Мубарак

ГIабдуллагь ибну Мубарак вукIана Хорасаналда вугев рухIияв цевехъан. Мерв абураб шагьаралда гIолохъанаб гIелалъе гьес дарсал ва тарбия кьолаан, гьезул лъикIал чагIи лъугьине рукIине. Амма киназего ва мугIалимасе гьезда гьоркьоб гIакъуба кьолев хъачIав цIалдохъан вукIана ричIчIуларел суалалги кьун. Цо нухалъ хабар бачIана хъачIав цIалдохъанас Мерв шагьар тIубанго танин. Гьеб хабар рагIарал цIалдохъаби цIакъ рохана, амма ГIабдуллагь ибну Мубарак, гьезул мугIалим, къварилъана. ЦIалдохъабаз гьикъула: «Щай мун къварилъахъдулев, нилъедаса хъачIав цIалдохъан унин абун?» - ян. ГIабдуллагь ибну Мубаракил жавабалъ киналго хIайранлъизаруна ва пикру гьабизе тIамуна: «Дун къварилъулев гьечIо нилъедаса гьев анин абун, кинниги дун къварилъула гьесул хъачIаб гIамал хисичIого нилъедаса гьев унин абун. Нилъеца гьесие кумек гьабизе кколаан хъачIаб гIамал гьесул хисизабизе. Нилъеда аскIов вугеб мехалъ гьес пайда босизе кколаан. Гьеб нилъер гIайиб буго, гьединлъидал дун къварилъана. ГIунгIутIигун цадахъ нилъедаса гьев ун ватани, нилъеца тIадаб жо рагIа-ракьанде щун гьабун гьечIо», - ян.

Пикру гьабе, кигIан гьес зарал гьабуниги ГIабдуллагь ибну Мубаракица гьесул ургъел гьабуна. Жиндилъ берцинаб тIабигIат бугев чияс гурони гьединаб ургъел гьабилищха. ГIабдуллагь ибну Мубаракил инсул къиса гIемеразда рагIун батила. Гьесул инсуца мухIканго дин гьабиялъ Аллагьас ﷻ гьесие кIудияв гIалимчи вахъарав вас кьуна. Ибну Мубарак ккола унго-унгояв мисал босизе рекъарав чи. Нилъерги букIине ккола гьединаб ургъел, халкъалъе пайда гьабизе бокьун батани.

 

ХIасанул Басри

Цо нухалъ ХIасанул Басриясухъе 90 сон барав херав чи вачIуна ва абула: «Дун вачIана тавбуги гьабун ва битIараб нухде вуссиналъул нияталда. Бихьизабе дида битIараб нух», - ян. ХIасанул Басрияс херасда абула: «Я кIудияв эмен, мун кватIун вугин ккола», - ян. Херас жаваб гьабула: «Бакъ жеги бакъ баккулеб бакIалалдаса тIерхьинчIо ва тавбуялъул нуцIби жеги къан гьечIо. Дун дуде хьулгун вачIана яги дун мекъийищ ккарав?» - ян. ХIасанул Басри виххарав гIадин лъугьана ва абула: «Гуро, кIудияв, мун витIарав вуго. ХIакълъунго, жеги бакъ баккулеб бакIалдаса тIерхьинчIо ва тавбуялъул нуцIби къан гьечIо. РачIа нилъеца цадахъ ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гьарила мунагьал чуреян, рес буго дур къотIичIеб хьул сабаблъун дир тавбуги къабул гьабиялде», - ян.

Гьелъул магIна ккола, кигIан херлъун вугониги хьул къотIизе бегьулареблъи тIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер тавбу къабул гьабиялдаса. Хехго, рес рекъараб мехалъ тавбу гьабизе ккола. Аллагьасе ﷻ бокьула тавбу гьабулел гIадамал. Гьединго ккараб мунагьалда хадуб тавбу ва лъикIаб гIамал гьабуни, гьеб мунагь чурула. Бакъ жеги тIерхьунеб бакIалдаса баккичIебгIан заманалъ Аллагьас ﷻ нилъер тавбу къабул гьабула чIаго ругелгIан заманалъ.

 

МагIруфул Курхи

Цо нухалъ МагIруфул Курхи нухлул рагIалда гIодов чIун чед кваназе лъугьуна. Гьеб мехалъ бакъараб гьвей аскIобе бачIуна. Бакъараб гьвей бихьидал, живго кваназе нечон, гьелъиеги кьола. Гьеб мехалъ аскIове чи вачIун абула, гьвегун цадахъ мун кваназе нечоларищин абун. МагIруфул Курхияс абула: «Бакъараб гьой аскIобе бачIиндал дун нечана живго кваназе. Мун нечезе вукIинчIищ бакъараб гьвеги тун, мунго кваназе?» - ян. Пикру гьабун гьев чияс абула, нечезе вукIанин.

Гьаб къисаялъ тIоритIел гьабула пикру гьабулес кидаго хIакъикъат балагьулеблъиялде. Пикру гьабуларев чи къосеналда хутIула. Аллагьас ﷻ нилъее тавпикъ кьеги битIараб битIараблъун, тIекъаб тIекъаблъун бихьизе.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


МацI цIуни

Аби буго, мацI бугин ракьа гьечIеб жойин абураб. Гьединлъидал, мацI цIунизе ккола къваригIел гьечIел харбаздаса.   МацIалъ инсанасе кIудияб зарал гьабула, амма нилъеда гьеб битIун хIалтIизабизе лъани, гьелъулъ буго хвасарлъиги. Нилъеда лъала загьру щиб жо кколебали. Гьеле гьединабго загьру...


Чакаралъул къадар

Чакаралъул къадар кинаб букIине кколеб?   Бидулъ букIунеб чакаралъ кIудияб бакI ккола инсанасул чорхолъ. Глюкозаялъул даража низамалде бачуна цIекIгьаналъ къватIибе кьолеб инсулиналъ. Чорхолъ гIураб къадаралда инсулин гьечIони яги клеткабаз гьелъие лъикIаб жаваб кьолеб гьечIони, бидулъ...


Рос-лъади цоцазда хурхараб рахас

Ахирал соназда рос-лъади ратIа-лъиялъул вакъигIатал цIакъго гIемерлъулел руго. Хъизам биххиялъе бищунго гIемер рехсолеб гIиллалъунги ккола цоцазде бугеб рокьа-хинлъи дагьлъи, рос-лъадул гIумрудулаб гIамал-хасият чучлъи, лъикIаб-квешалъул тIалабго гьабунгутIи, къо хIехьезе бажарунгутIи, цогидазул...


Черхалъул мацӀалда стрессалъул гӀаламатал

ГӀадамазда гьоркьоб рагӀул гуреб бухьеналъул бищунго кӀвар бугел формабазул цояблъун рикӀкӀуна черхалъул мацӀ. Багъа-бачариялдалъун, гьурмада бугеб мимикаялдалъун ва ишарабаздалъун гӀадамаз рагӀаби гьечӀого загьир гьаризе бегьула жидерго пикраби ва рекӀел хӀал. Черхалъул мацӀалдалъун баянлъулел,...


Нужее баяналъе

Гьавураб мехалъ ГIиса аварагас щиб абураб? – Дун Дур (Аллагь) лагъ вугин. КIиго пихъалдалъун Аллагь ﷻ гьедун байбихьараб сура щиб? – Сура «ат-Тин». Щиб соналъ хIеж тIадаблъун гьабураб? – ИчIабилеб гьижрияб соналъ. Къуръаналда как чан нухалъ...