Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Кинал сурабазда рехсараб хIеж ва гьелъул ахIкамал?

– «Бакъара», «Алу ГIимран», «Маидат» сурабазда.

  1. Ирсалъул ахIкамал мухIканго ва баянго щиб сураялда рехсарал?

– Сура «Алу ГIимраналда».

  1. Щиб аяталъ баян гьабураб чIахIиял мунагьаздаса рикIкIалъи гIисинал мунагьал чуриялъе сабаблъун бугин абун?

– Сура «ан-Ниса», аят 31.

  1. Сура «Ннас» абун цIар щай тараб?

– Щайгурелъул авалалда гьедин абиялъ. Гьеб рагIи гьениб ункъо нухалъ такрарлъана.

  1. «Жинн» абун сураялда цIар щай тараб?

– Щайгурелъул авалалда Аварагасде ﷺ хитIаб гьабуна жиналги рехсон.

  1. Рузман къоялъ ва сордоялъ цIализе бихьизабураб сура кинаб кколеб?

– Сура «Кагьф».

  1. Кинав асхIабасул цIар рехсараб Къуръаналда?

– Зайд бин ХIарисил, сура «ал-АхIзаб», аят 37.

  1. ГIараб мацIалда тажвидалъул магIна щиб?

– Берцин гьаби абураб.

  1. Тажвид-гIелмуялъул мурад щиб?

– МацI цIуни, Аллагьасул ﷻ тIехьалда жаниб хатIаъ гьабиялдаса.

  1. Чан сон букIараб Аварагасул ﷺ къурайшиялгун КагIба базе данделъидал?

– 35 сон.

  1. КагIбаялда тIоцебе дарай ретIарав чи щив вукIарав?

– ХIажаж бин Юсуф ас-Сакъафи.

  1. Щиб сура кколеб гIалимзабаз жиндирго хIакъалъулъ азарго къисаялде, азарго амруялде ва азарго нагьюялде щвей гьабулебин абураб?

– Сура «ал-Бакъара».

  1. Гьабилилги Къабилилги къиса щиб сураялда рехсараб?

– Сура «ал-Маидаталда».

  1. Кинал заманаби ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсарал?

– Рогьел, бакъанимех, маркIачIул гIуж, къад мех, сордо, рогьалил гIуж, къаси мех.

  1. Къуръаналда бугеб бищун гьитIинаб сура щиб?

– Сура «ал-Кавсар».

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...