Аслияб гьумералде

ТабигIуназул бищун гIелмуяв

ТабигIуназул бищун гIелмуяв

СагIид бин Мусайиб гьавуна гьижрияб 14-абилеб соналъ, бусурбабазул кIиабилев халип ГIумар-асхIабасул заманалда. Мадинаялде гьижра гьабурал асхIабзабазда гьоркьор рукIана гьесул эмен Мусайб ва кIудияв эмен ХIузн. Гьесул эмен вукIана гьижрияб анлъабилеб соналъ ХIудайбияталда Аварагасе ﷺ гьа баразул цоявги.

 

СагIид гIолев вукIана дунялалда бищун лъикIаб халкъалда, ай асхIабзабазда гьоркьов. ГIумар-асхIаб дунял тун индал, СагIидие букIана микьго сон. ГьитIинав чи вугониги, гьесда ракIалда букIана гьесдаса рагIанщинаб.

Гьесул букIана гIелмуялдехун рокьи ва гьитIинаб къоялдаса нахъе жигар бахъула лъай тIалаб гьабизе. Гьесул мугIалимзабилъун рукIана Аварагасул ﷺ машгьурал асхIабзаби. Гьесул гIелмуялдехун бугеб рокьиялъ, асхIабзаби чIаго рукIаниги, гьев машгьурлъана гIалимчи хIисабалда.

Гьес зиярат гьабуна Зайд бин Сабит, СагIид, ибну ГIаббас, ибну ГIумар, Абу Гьурайрат ва гIемерал цогидал асхIабзабазухъе.

ГIелмуялде бугеб кутакаб рокьиялъ къаси сардилъ сапар гьабулаан цо хIадис рагIизе гIоло.

Гьесда цIалараб жо ракIалда чIолаан. Гьесул бажариялъул ва хIаракаталъул кумекалдалъун кватIичIого гьев лъугьана табигIиназда, ай асхIабзабазда хадуб бачIунеб гIелалда гьоркьов бищунго къадру-къимат бугев гIалимчилъун.

Цо къоялъ гьесухъе пуланав чи вачIиндал, СагIидица гьесда гьарула жидер тухумалъул чагIи рехсеян. Киналго рехсараб мехалъ, СагIид бин Мусайбица абула: «МугIавиясул заманалда дур эмен дихъе суалалгун вачIун вукIана», - ян. ГIемерал сонал аниги, гьесда ракIалда чIолаан цо нухалъ жинхъего вачIун вукIарасулцин цIар.

Авараг ﷺ вихьарал асхIабзаби жеги чIаго рукIаниги, гIадамал СагIид бин Мусайбихъе рачIунаан шаргIалъул суалалгун.

Цо къоялъ асхIаб ГIабдуллагь бин ГIумарие суал кьола, амма жаваб щвезелъун СагIид бин Мусайбихъе витIула. Жаваб щведал ГIабдуллагь бин ГIумар хIайранлъула гьесул лъаялда ва абула: «Дица дуда абун букIинчIищ гьев гIалимзабазул цояв кколин?» - ян.

ГIабдуллагь бин ГIумарица абула: «Аварагасда ﷺ гьев вихьун вукIаравани, цIакъ вохизе вукIана», - ян.

СагIид бин Мусайб рикIкIуна табигIиназда гьоркьоса бищунго гIелму бугевлъун. Гьес жиндирго хIакъалъулъ абуна: «Аварагас ﷺ, Абубакарица, ГIумарица гьарурал къотIи-къаял дидаса цIикIкIун лъалев чи гьечIо», - ян.

ХIатта ГIумарил вас ГIабдуллагьица СагIидида гьикъулаан гьесул инсуца гьарурал цо-цо хIукмабазул хIакъалъулъ.

 

ГIибадат

СагӀид бин Мусайбица абуна: «Дица кIикъого соналъ мажгиталда цониги жамагӀаталъул как биччачIо», - ян.

Гьединго абуна: «Лъеберго соналъ будунас как ахӀулеб заманалда мажгиталда дун вукIана», - ян.

Цо нухалда цIакъ багIарарал къоял рукIиналъ, Аварагасул ﷺ мажгит чанго къоялъ чIобого букIана. Гьенив цохIо СагIид ибну Мусайб вукIана. Гьес бицана, гьел къояз жинда Аварагасул ﷺ хабадасан как ахIулеб рагӀанин ва гьелдалъун какил заман лъалебги букIанин абун.

Берал унтизе байбихьидал гьесие гӀакълу кьола авлахъалде вахъаян, гьениб гӀемераб гӀурччинлъи бугин, гьелъ беразул канлъиялъе пайдаяб асар гьабулин абун. Амма гьес инкар гьабула, мажгиталда, жамагIаталъул как гьоркьоб теялдаса хӀинкъун.

 

ХIалалаб ризкъи тIалаб гьаби

СагӀид ибн Мусайбица абуна: «ХӀалалго гӀарац гьаби бокьуларев чиясулъ лъикӀлъи букӀунаро. Гьес кколеб закагIат бахъани, цIунула гIадамазда цеве гIодовегIанлъиялдаса», - ян.

Живго гьев даран-базар гьабулев чи вукIана. Киданиги гьес я гӀадамазухъа, я хIукуматалдаса щибго къабулги гьабичIо. Доб заманалда хIукуматалъул гӀадат букӀана гӀалимзабазе пуланаб харж кьолеб. Амма СагӀидица инкар гьабуна гьеб къабул гьабизе.

 

ХIалбихьиял

СагӀид бин Мусайбие сипат гьабуни, гьев вукIана кьураб рагIудаса кьуруларев чи. ХIукуматалъул рахъалдаса захIмалъи щваниги, кьуричIо гьев. Гьелъие гӀоло гьесда дандчӀвана гӀемерал къварилъабиги.

Гьижрияб 63-абилеб соналъ Язидил бо Мадинаялде лъугьиндал, гьезул цевехъанас, Муслиб бин Укъбатица, халкъалдаса тӀалаб гьабуна Язидие байгӀат базе. Гьес инкар гьабурал гIадамал чӀвалаан. СагӀид бин Мусайбидаса байгIат тIалаб гьабидал, гьес абуна: «Дица байгIат кьела нуж Абубакарилги ГӀумарилги нухккун унел ругони», - ян. Гьел рагӀабаз Муслиб бин Укъбатил ццим бахъинабуна ва амру гьабула СагӀид чӀваян. Цинги цо-цояз нугӀлъи гьабула гьев гӀадаллъун вугин абун ва чIаго тола.

Гьижрияб 64-абилеб соналъ ГӀабдуллагь ибн Зубайри Мадинаялъул хӀакимлъун тола. Гьес амру гьабула мутIигIлъи, амма СагӀид бин Мусайбица инкар гьабула. Гьеб сабаблъун гьесие тамихӀги гьабуна.

Гьижрияб 84-абилеб соналъ хӀаким ГӀабдулмалик бин Марваница къасд гьабуна халкъ жиндирго васазе гьа базе тIамизе, амма СагӀидица нахъеги инкар гьабуна. ЧIвазе вугин абуниги гьев къвакӀун чӀана. МукIурлъуларевлъи лъайдал тола, амма мажгитазда дарсал кьезе гьесие гьукъула.

 

Ахирал къоял

Цо къоялъ СагӀидихъе, цӀакъ унтун вугеб мехалда, вачӀуна гьобол, пуланаб хӀадис цӀехон. КигIан захIмат букIаниги СагIид хӀадис бицине тIаде вахъуна. ТӀаде вачӀарав гьоболас абула жиндие бокьун букӀинчӀин СагIидие квалквал гьабизе, амма гьес абунин жиндие бокьун гьечӀин Аварагасул ﷺ хӀадисал вегунги вукӀун рехсезе.

СагӀид бин Мусайб дунял тун ана гьижрияб 94-абилеб соналъ.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...